Какил гIуж МахIачхъалаялда жакъад:  |  |
Главная » Общество » "Гуржи-магIарулазул" къисмат

"Гуржи-магIарулазул" къисмат

"Гуржи-магIарулазул" къисматГуржиялъул Къварели районалда магIарулазул лъабго росу буго: Тиви, Чантлискъури ва Сарусо. Гьенире гочун рукIана ЦIунтIа районалъул БежтIа, ХашархотIа ва Кьадал, гьединго ЛъаратIа районалъул Анцухъа магIарулал. Звиад Гамсахурдия Грузиялъул бетIерлъуде вачIараб мехалда, магIарулазда жидерго ватIаналде тIадруссаян лъазабуна ва лъабабго росдал гIадамал Дагъистаналде гочине хIажаталлъун ккана. Гъизляр, Гъизилюрт районазул росабалъги МахIачхъалаялдаги гIумру гьабизе байбихьана гьез. Амма киналго гуро гочарал - гIемерисезул гьединаб рес ккечIо ва умумузул ракьалдаго хутIана. Дагъистаналде гочун рачIаразеги бигьаго букIинчIо цIияб бакIалда магIишат гIуцIизе.

Дагъистаналде тIадруссарал "гуржи магIарулазул" масъалаби дагьал рукIинчIо. ЦIализе, хIалтIизе, больницаялде ва цогидал бакIазде ине ккани, гьездаса "Россиялъул гражданин" кколилан хъвараб кагъат тIалаб гьабулаан. Нилъерго гьанир гIуразухъацин,  1992 сон щвелалде гьарурал ругони, гьединаб кагъат тIалаб гьабулаан. "Нилъергоязде" дагьабниги лъикIаб бербалагьи букIун батани, Гуржиялда гIуразул ургъел-къварилъиялъухъ гIенеккулев чиго вукIинчIо. АхIвал-хIал лъикIалдехун хисизе байбихьана Гамсахурдия нахъе ун хадуб. ГьабсагIаталда Грузиялда хутIарал магIарулазул къисматалъул бицун нижеца гара-чIвари гьабуна дагьав цевегIан гьениве щун вукIарав филологиял гIелмабазул доктор АхIмад МуртазагIалиевасулгун.

- Грузиялде сапар бухьиналъе гIилла щиб букIараб?

- МагIарулазул автономия гIуцIарал церехъабаздасан дида рагIана гьенибе ине къокъа хIадурулеб бугилан. Гьезда цадахъ дунги вахъана сапаралъ. Сарусо росдал цIар хисун батана: гьелда Шорохи абун лъун буго гуржияз. 1990-абилел соназдаса хадуб Гамсахурдиял политикаялъул хIасил ккола магIарулал гьениса гочинари. Гьел гочана Стальскиялде, Шушановкаялде, МахIачхъалаялде ва цогидал бакIазде. ГIолохъанаб гIел Дагъиста-налде, Россиялде ва Грузиялъул шагьаразде гочун буго. Росабалъ, аслияб къагIидаялда, хутIун руго хералги, руччабиги, лъималги. Ниж щибаб росдал гIадамалгун дандчIвана.

- Кинаб ахIвал-хIалха гьениб бугеб? Кинаб асар гьабураб гьел дандчIваяз?

- РакIбакъвазабураб хIужалъун ккана цолъи гьечIолъи. ГIемерал масъалаби руго: социалиял, миллиял, лъай кьеялъул, диниял. Гьел тIуразаризе ккани, къваригIуна цолъи. Гьеб гьечIо - гьечIо цоккурав, киналго хадур рилълъунев цевехъан. КIиабизе, гьел росабалъ интеллигенция хутIун гьечIо. ГIемерисел Дагъистаналде гочун руго. 

Лъабабилеб, лъабго школалде щвана дун. Цебе гьел школазда цIали гIурус мацIалда гIуцIун букIана. 1975 соналда гуржиязул магIарулазухъе щварав ХIамзатил Расулица, Э. Шеварднадзегунги дандчIван, рес щвана гьенир ругел магIарулазе школазда рахьдал мацIалъул дарсал кьезе. Расулил баракаталдалъун Тиви росулъ лъабтIалаяб минаги бана школалъе. Доб заманалда Дагъистаналдаса методикиял ва цIалул тIахьал ритIана доре, дарсал кьезе учительзаби хIадурана.

ГьабсагIаталда кинабго гуржи мацIалда гIуцIун буго: къватIазда чIварал игIланазда тIад гьарурал хъвай-хъвагIаялцин гуржи ва ингилис мацIазда руго. Рахьдал мацIалъул дарсалги кьолел руго: анкьида жаниб кIиго-лъабго сагIат буго гьелъие, амма дарсалги цIалул планазде росун гьечIо. Щайилан гьикъидал, гуржияз абулеб буго диплом кодоб бугев махщелчи къваригIунилан. Гьединав чи цо ватана - 1979 соналда ДГУ лъугIизабурав Сарусо росдал школалъул директор МухIамад.

Чантлискъури росулъ магIарул мацI кьолев ватана МухIамадов Рамазан - мацIги лъикI лъала, амма гьев вуго ветеринар. Школалъул директорги вуго МухIамадгIалиев МухIамад - Телавиялда пединститут лъугIарав, гьес кьола гуржи мацIалъул дарсал. Тиви росулъ йиго ункъо чIужугIадан-учительзаби, школалъул директор Георгий - гуржияв. МагIарулаздехун лъикIаб бербалагьи бугев чи ватана гьев.

Амма школазда цIалул тIахьазул, методикиял алатазул гIолеб къадар гьечIо. Анкьида жаниб кьолеб кIиго сагIаталъ, балагьараб мехалъ, кIудияб асарго гьабулеб гьечIо лъималазе. Дир хIисабалда, А. ХIамзатовас шагьаралъул школазе хIадур гьарурал тIахьал дандеккезе бегьула дозие. Амма гьел тIахьал гьанирги гьечIо гIураб къадаралда.

- Нилъер маданият цIунун хутIун бугищ доба?

- Кин гьеб хутIулеб? Дин буго цIакъ загIипго. Тиви росулъ мажгит базе цо хъизаналъул бакI буго бихьизабун. Гьел жалго Дагъистаналде гочун ругила, гьезухъа ихтияр босун бахъунарого бугила. Ниж тIадруссунаго, рагIана гьезухъа ихтияр щванилан. Жи-дерго росулъ мажгит базегIан гIураб къуват бугел гIолохъаби гIезегIанго руго Тивиялда. Гьеб гуребги, гьезие кумек гьабизе хIадур вуго цо рес бугев туркавги. Гьевгунги дандчIвана дун. Кинабго жо бараб буго жалго тивисезда, гьезул хIаракаталда, цолъиялда.

- Тиви росу бакьулъ хъанчги лъун мажгит базе гьукъулеб бугин бицунеб рагIун букIана. БитIараб бугищ гьеб хабар?

- Сундул хIакъалъулъ бицен кканиги, магIарулазде дандечIарал гуржиял нижеда гьенир ратичIо. Тиви росулъ мажгит баялде дандечIун гьечIо Къварели районалъул нухмалъулелги. Гьез абулеб буго жидехъе мухIканал баянал кьейин гьеб суалалда тIасан. Гамсахурдиял заманалда Тиви росдал жамагIаталъул цIолбол ахал рукIараб бакIалда минабиги ран, гьенире гочинарун рукIана Аджариялдаса гуржиял. Мех балелдего, гьел нахъе ун руго ва гьенире батIиял гуржиял рачIун руго. Гьез жал чIараб бакIалда батIияб цIар хъвараб игIланги чIван буго ва Тиви росдал лъимал расандулеб, футбол хIалеб майдан бакьулъ кIудияб хъанчги чIван буго. Гьебги ва цогидал суалалгун Тиви росдал цевехъан Бадрудинги, цадахъ чанго вакилги дандчIвана Грузиялъул интеграциялъул ишазул министргун. Киналъулго бицана, гьез нижер пикру рази-ракиго къабул гьабуна. Гьесда лъалеб батана Рамазан ГIабдулатIипов президентлъун тейги, гьев ЛъаратIа мухъалдаса вукIинги.

- МагIарулазул гIумру лъикIлъизабиялъе гьаризе ругел тадбиразул бицинчIищ дандчIваялда?

- Бицана. МагIарулазе цIализе шартIал гIуцIизе ругилан рагIи кьуна министрас. РукIа-рахъиналда хурхарал масъалабиги тIуразаризе тIаде босана. Нижеца Тиви росдал школалда жамагIаталъул вакилзабиги ракIарана, киналго масъалабазул хIакъалъулъги гара-чIвари гьабуна.

- Кинал тадбирал тIоритIизе ракIалде ккараб сапаралдаса тIадруссун хадуб?

- Доре ритIизе ккола цIалул тIахьал, методикиял алатал. Дин цебетIеялъе квербакъилъун ккела цогIаги динияб хъизан (рос-лъади) добе битIи. Руччабазда, ясазда Къуръан малъилаан чIужугIаданалъ, бихьиназе динияб тарбия кьелаан бетIергьанчияс. Дагъистаналда ругел гуржиялги ракIарун, цо данделъи тIобитIизе ракIалда буго: цоцазда лъикI лъазе, гьудуллъи щула гьабизе, гьезул масъалаби тIураялъе квербакъизе гIоло. Гуржиязулгун дагъистаниязул маданияталъулал бухьеназул бицунел асаразул тIахьал басмаялде рахъизе ният буго.


Источник: ХIакъикъат газета
Автор: Кавсарат Сулейманова

Опубликовал(а): nkaa, 14-05-2013, 18:25. Просмотров: 3961
( Всего голосов: 2 )
0
Уважаемый посетитель, в данный момент Вы зашли на этот сайт как незарегистрированный пользователь. Мы рекомендуем Вам зарегистрироваться либо войти на сайт под своим именем.

Онлайн перевод

аварских слов на русский

и иностранные языки и обратно

Панель управления
авторизироваться через:



Последние комментарии
    Нет комментариев


Оцените работу сайта

Лучший из новостных
Неплохой сайт
Устраивает ... но ...
Встречал и получше
Совсем не понравился