Какил гIуж МахIачхъалаялда жакъад:  |  |
Главная » История » Чолодаса ХIажи-Удурат шейх (хв. 1475 с.)

Чолодаса ХIажи-Удурат шейх (хв. 1475 с.)

Чолодаса ХIажи-Удурат шейх (хв. 1475 с.)Дагьистаналъул халкъазул цебесеб тарих лъазе ккани, ТIадегIанав Аллагьас кьураб кIудияб нигIмат-исламияб дин лъикIго лъа­зе хIаракат бахъизе ккола. Исламалъ квербакъана Дагьистаналда магIишатияб ва рухIияб гIумру битIун цебе бачине. Исламалъ гlaгap гьаруна ва цолъизаруна нилъер халкъал. Дагъистан киналго дагъистаниязе цо букIин бихьизабуна Исла­малъ.

 

Дагъистаналъул исламияб тарих

Бусурбан диналъ цIунана ва цебетIезабуна бищунго нилъеца кIвар буссине кколеб рахъ – халкъазул рухIияб гIумру. Исламияб кьучIалда Дагьистаналда цебетIуна лъай ва гIелму. Исламиял гIалимзабаз бетIерлъи гьабуна Дагъистаналъул халкъаз эркенлъи цIунун гьабураб къеркьеялъе.

Дагъистаналда исламияб тарихалъул буго анцIила лъабго гIасруялдаса цIикIкIараб заман. Амма бусурбанаб дин Дагъистаналда ва хасго ТIадмагIаруллъиялда бигьаго шулалъичIо. Абизе бегьула 800 гIанасеб ва жеги цIцIикIкIун сонал хIажалъанин Ислам тIубанго нилъер халкъаз къабул гьабизе. Гьеб ищ гьединаб хIалалъ халат бахъиялъе гIемер батIи-батIиял гIиллаби рукIана.

Исламияб дин бачIиналде цебе Дагъистаналда рукIана батIи-батIиял тIабигIиял лъугьа-бахъиназе, бакъ-моцIалъе, цIаялъе лагълъи гьабулел гIадамал, рукIана ягьудиял ва X-XIII гIасрабаз тIибитIун насранияб дин ай, христианство. Исламияб дин Дагъиста­налда цебе тIолеб букIана цойгидал диналги нахъе къазарулаго.

VII-XI гIасрабаз ислам нилъер халкъалда гьоркьоб тIибитIизе гьабулеб букIана жалго гIарабияз. Гьел гIасрабаз гIемерал рагъалги ккана Дагъистаналда. Нилъер тарихалда цIунун руго гIемерал исламиял церехъабазул цIарал. Гьезда гьоркьоб бищунго машгьураб ккола Абулмуслим шайихасул цIар. Гьесги гьаруна рагъал Дагъистаналда ислам тIибитIизабулаго. ГIемерисел тарихалъул гIалимзабаз рикIкIунеб буго гьев кIудияв исламияв цевехъан XI гIасруялда гIумру гьабурав чи вукIин. Гьесул зияратги Хунзахъ буго.

Абулмуслим-шайихас лъураб кьучIалда ТIадмагIарухъги бана ислами­яб «мина». Гьев гIадинал исламиял церехъабаца диналъе лъураб щулияб кьучIалда тIад мина баразул цоявлъун ккола нилъеца хадубккун рехсезе вугев Гьидалъа машгьурав шайих ХIажи-Удуратги.

Тарихалъул гIалимзабазул цIех-рехалъул баяназ рекъон хIатIа XV гIасруялдаги ТIадмагIаруллъиялда ислам дин жеги шулалъун букIинчIеблъи ва цо-цо бакIалде щунцин букIинчIеблъиги бихьизабулеб буго. Гьел Гуржиялъул насраниязул асаралда гъоркь XIV –абилеб ва хIатта XV-абилеб гIасруялде щвезегIан хIутIун рукIиналъе хIужабиги руго. Гьединаллъун ккола гIезегIан нахъе цIунун ругел архитектуриял хутIелал, къелъ лъурал ганчIазда ва батIи-батIиял тIагIелалазда гьарурал насраниял гIаламатал, хъанчазул суртал, гIадамазда ва бакIазада лъурал цIарал. Гьебго диналде руссарал рукIине кколел руго гьидерилги жамгIиятги.

Чолодаса ХIажи-Удурат шейх (хв. 1475 с.)Доб заманаялъ Гьидерил росабазул цояблъун кколаан Чолода росоги. Гьеб бакI ккола гьанжесеб МачIада росу бугеб бакIалдаса 2,5 километралъ рикIкIада бакътIерхьул рахъалдехъун.

Гьеб росулъ гIага-шагарго гьанжеялдаса 600 соналъ цеве гьавун вуго Удурат абулев чи, ай гьеб кколеб буго XV гIасруялъул авал. МухIканго гьев гьавураб тарих лъазе кIвечIо. Цого цо ГIободаса гIалимчи С. ХIайбулаевас хъвалеб буго ХIажи-Удурат гьавураб 142I сон кколилан. Амма гьеб бакIалдаги тарих босараб бакI бихьизе гьабулеб гьечIо, гьединлъидал гьесул баянги жинде тIубан мугъ чIвай гьабизе бегьулеблъун батилин кколаро. Бицен буго гьанжесеб МачIада росулъ бугеб ГIандиялал абулеб тухум гьесул наслуялъул чагIи кколин абун.

Гьев инсанасул гIажаибаб къисматалъул хIакъалъулъ биценал цого цо мачIадидисез гуребги тIолалго гьидерицаго, чIахIиял гIелаз гIисиназухъе кьун кIудияб къадру-къиматалда бицун жакъаги нахъе хутIун руго.

Гьел биценазда рекъон, дол гIасрабаз нилъер умумузул рукIун руго гуржиязулгун батIи-батIиял магIищат-ящавалъулал ва диниял гьоркьорлъаби. Цо-цо мехалъ дандеккунгутIиго букIун буго. Гьел дандеккунгутIиял лъугIизаризе батIи-батIиял тадбиралги гьарулел рукIун руго. Аманаталъе васал кьолеб гIадатги букIунанин абула. Гьедин гьитIинав чи, Удурат гуржиязул ракьалде аманат хIисабалда ккун вуго. ТIадегIанав Аллагьасул хIукмуялда рекъон, гьенисан Удурат бусурбабазул улкабазде ккун, гьес ислам къабул гьабуна ва жиндиего гъваридаб гIелму-лъай тIалаб гьабиялда тIадчIун жигараги бахъанин бицула. ХIежги борхун буго ва гьелдасан ккола Удурат абураб цIаралде тIаде хIажи абураб къадруяб тIокI-цIарги щвей. КъватIиб ракьалда гIезегIанго соналги ран ахир - къадги Удурат умумузул ракьалде тIад вуссине къасд ккун буго. ХIисаб гьабураб заманаялъ гьев ватIаналде тIад вуссун вукIуне кколев вуго 1450-60 абилел соназ.

Гьид исламалде рачIине байбихьиялда хурхун буго цойги гьадинаб бицен: «Чолода росулъа тIоцебе исламияб диналде бегавул ГIабдуррахIман абулев чи лъугьун вуго (гьеб цIар бусурманлъун хадусала босараб букIун батизе ккола). Чолоде щвелалде буго лъим бугеб бакI. Гьенив росулъе вачIунаго нухда как балев ватун вуго ХIажи-Удурат дов бегавуласда. Гьесие цIакъ рекIее гIурабила гьав ХIажи-Удуратица гьабулеб ищ. Жиндагоги малъейилан гьеб дуца гьабулеб ищ гьабизеян абун бугила исламалдахун ракI цIцIан арав бегавулас. Гьесул тIалаб ХIажи-Удуратица тIубайзе гьабун малъун бугила досда шагьадат битIизе. Гьелдаса нахъе байбихьун бугила чолодисел ва тIолабго гьид исламалде рачIине»-ян. Хадубккун гьеб ищ ккараб бакIалда иццда тIад как балеб къулгIа бана ва ГIабдуррахIманил чал абун цIарги щун буго. Гьеб жакъа къоялъги нилъеда бихьула.

 

Баянал ва хIужаби

Чолодаса ХIажи-Удурат шейх (хв. 1475 с.)ХIакъикъаталдаги биценаз ва кьучIал тарихиял хIужабаз чIезабула Гьид аслияб къагIидаялъ Чолодаса ХIажи-Удуратил хIаракаталда гъоркь исламалде рачIун рукIин. Гьелъие квербакъун буго гьев бусурманчиясул букIараб гъваридаб исламияб лъай-гIелмуялъги ва бергьун кIудияб жигарачилъялъги.

Машгьурав тарихчи ва гIалим Каяев ГIалица жиндирго Дагъистаналъул гIалимзабазул таржамаби ва баянал хъвараб тIехьалда ХIажи-Удурат шайихги рехсолев вуго: «Бицуна гьидерица Ислам къабул гьабиялъе аслияб гIиллалъун кканин шайих хIажи Удуратил хIаракат ва цIакъбахъин. Гьевги жиндирго халкъалда гьаркьоб цIакъ рагIи билъарав (гьезда гьоркьов къадру-къимат бугев) чилъун вукIанин ва гьединлъидал гьесул вагIзаби ва насихIатазухъ гIинги бан гьезги Исламалде рачIун руго». Жеги гьанжелъизегIан лъалел рукIинчIел къиматал баяналги кьолел руго Каяевас ХIажи-Удуратил хIакъалъулъ. «ЦIияб дин босизе инкар гьабуралщинал гьидалъел гуржиязул Туш мухъалдехъун гочун ун руго. Гъазигъумекиса КIудияв ГIали-ян абулев доб заманаялъ мIугIруздаго машгьурав исламияв гIалим ва хIаракатчиясулгун хIажи Удуратилги лъикIаб гьоркьоблъи букIун буго»-ян хъвалеб буго Каяевас. Живго гьев КIудияв ГIалиян абулев чи хун вуго 1525 абилеб соналъ ва вукъун вуго Гъумекив.

Гьаб бицен уяб букIин чIезарулел гIезегIанго тарихиял хIужаби нилъехъе щун. Гьид бусурманлъараб заман кколин гьижрияб тарихалъул 880 абилеб сонилан ай, миладияб тарихалъул 1475-76 сонилан бихьизабулеб буго гьел киназго.

«Дагестанские памятные надписи» абураб А.М. Шихсаидовас ва Т.М. Айтберовас къватIибе биччараб макъалаялда ХIажи-Удуратидалъун Гьид бусурманлъараб тарихалда тIаса баянал кьолеб бакIалда хъвалеб буго: «Цо пуланаб эрмениязул тарихияб хъвай-хъвагIай гьабураб бакIалда хъван бугила 1476 соналъ Узун-ХIасан Гуржиялде тIадеги кIанцIун, гьес Тифлис шагьар бахъун бугила. Ва гьев бусурбабабазул (турказул) цевехъанасул аскаразе бергьенлъи щвеялъе аслияб гIиллалъун кканин гуржиязул хан Баграт гьеб заманаялъ жиндирго аскаргун «Лагзистаналда» (ай, Дагъистаналъул ракьалда) рагъал гьарулев вукIин». Машгьурав тарихчи Т.М. Айтберовас тIаде жубалеб буго, гьев гуржиязул хан Баграт магIаруллъиялде гьужумалъ иналъе аслияб гIиллалъун Гьид бусурманлъи букIун батизе рес бугилан.

Гьабго пикру тасдикъ гьабулеб гIадин буго цебеккун рехсараб ГIали Каяевас жеги Гьид бусурманлъиялъул хIакъалъулъ кьолел баяназда. Гьес хъвалеб буго: «Гьидерил жамагIагIаталъ Ислам къабул гьабун хъадусала бусурманлъизе инкар ккурал гьидалъел Тушетиялъул (Туш) рахъалдехъун гочун ун ругила».

МачIада росулъ нахъе МухIаммадов Расулил минаялъул нухлулаб рахъалде кколеб къелъ нахъе хутIун буго лъабокIонаб гамачI. Гьелда тIад берцинаб хатIалъ бекIкIун буго лъабго тарих: «Гьид бусурманлъараб тарих – 880-абилеб сон. Гьидалъ машгьураб ракьбагъари ккараб тарих – 1111; Гьидалъ тIагIуналъул унти тIобитIараб тарих – 1111». Гьеб гамачI росдал басрияб авалалда букIараб буго. Гьебго тарих XVIII гIасруялъул ТIадмагIаруллъиялдаго ва Дагъистаналдаго машгьурав исламияв гIалим Багъужаласул (Багъужал вас МухIаммад). жакъаги нахъе цIунун хутIун ругел рикIкIен гIемерал тIахьазул жиндирго квералъ хъвараб цоялъул жилдалдаги хъван бугоан гьебго тарих. Нижеда бихьула гьанжеялдаса 250 соналъниги церехун рукIарал гIалимзабазда гьоркьобги гьел хасго гьидерие кIвар бугел тарихал машгьураллъун рукIин. Жеги гьебго тарих батана нижеца 2012-абилеб соналъ гуржиязул тахшагьар Типлисалда гьабураб сапаралъул хIасилалда. Гьениб Кекелидзел цIаралда буго квералъхъварал жаниб цIунараб Институт. Гъоба батана 600-гIанасеб Дагъистаналдаса бачIараб гIараб мацIалда тIахьал. Гьезул цоялъул цебесеб гьумералда цойгидал хъвай-хъвагIаязда цадахъ хъван батана Гьидалъе ислам 880-абилеб соналъ бачIиналъул хабар.

 

ХIажи-Удуратил хвел

Дагъистаналъул исламияб тарихалда ХIажи-Удурат шайихасде кIвар кьолеб буго Абулмуслим шайихасдаса хадуб. Гьедин рикIкIунеб буго машгьурав тарихияв гIалимчи-востоковед ГI. Р. ШихсагIидовасги. Амма баянаб букIахъе, доб заманаялъ гIадамазда гьоркьоб ислам тIибитIизабиялъулаб ва диналъул бичIчIи кьеялъулаб хIалтIи цIакъго захIматаб ищ букIин якъинаб жо буго. Гьелъие нугIлъун чIола живго ХIажи-Удуратил гIумруялъул къисматги. Биценазда рекъон жанисан исламалде инкарги ккун, гьесдехъун рокьукълъи цIикIкIарал тущбабаца, гъоркьбакIги ккун чIван шагьидлъун хванин ХIажи-Удурат абун.

Заниялда гьабураб хъвай-хъагIаязда рекъон ХIажи-Удурат шайих накълулъун вуго 1485 соналъ ва Чоло­да хобалалъ вукъун вуго. Гьесда аскIоб буго гьесулго вас МухIаммадилги хобги.

Чолода руго кIиго батIиял хобал: руго бусурман къагIидаялъ ругел ва бусурман гуреб кьагIидаялъ занал лъуралги. МачIада росу гIуцIизе байбихьун буго XVI гIасруялъул кIиабилеб бащалъиялда. Гьенибе росу бахъизе васийат ХIажи-Удурат шайихасул букIанин бицула. Жеги бицен буго цIияб росу бан хадубги гIeзегIан заманалъ хварал гIадамал рукъизе Чолода хобалалъе росулел рукIанилан. Гьеб букIун батила ХIажи-Удурат шайихасул баракат тIалаб гьаби. Шайихасул баракаталъ гIураб буго нижер росуги гьидерил богиян абулаан ХХ гIасруялда МачIада вукIарав гIалимчи ГIарабиязул ШейхмухIамадица. Гьеб, хIакъикъаталдаги, гьедин бугизеги буго.

Хадусел гIасрабаз магIарул росабалъ рахъана гIемерал гIалимзаби, тIарикьаталъул устарзаби. ХIажи-Удурат шайихасул цIар ва баракат букIана гьезие свинго гьечIеблъун. Щибаб соналъ нус-нус бусурбабаз зиярат гьабула ХIажи-Удурат шайихасул хабаде. ТIадегIанав Аллагьас нилъее киназего щваги гьесул баракат. Амин.



Автор: МухIамад ШихмухIамадов

Опубликовал(а): nkaa, 31-05-2013, 17:51. Просмотров: 2862
( Всего голосов: 2 )
0
Уважаемый посетитель, в данный момент Вы зашли на этот сайт как незарегистрированный пользователь. Мы рекомендуем Вам зарегистрироваться либо войти на сайт под своим именем.

Онлайн перевод

аварских слов на русский

и иностранные языки и обратно

Панель управления
авторизироваться через:



Последние комментарии
    Нет комментариев


Оцените работу сайта

Лучший из новостных
Неплохой сайт
Устраивает ... но ...
Встречал и получше
Совсем не понравился