Какил гIуж МахIачхъалаялда жакъад:  |  |
Главная » История » ТIиндиб Имам Шамилилгун дандчIвай

ТIиндиб Имам Шамилилгун дандчIвай

ТIиндиб Имам Шамилилгун дандчIвайГьаб гIажамалда хъвараб Имам Шамилилгун ккараб лъугьа-бахъиналъул бицен, батана нилъеда ТIиндиросулъ, гьеб росулъа хъвараб жо бугелъул гьаб. Гьанисан нилъеда бихьула магIарулазда гьоркьоб букIараб адаб-хъатир. Юрий Карпов вацогидал магIарул миллат бикьизабиялда тIад хIалтIулел гIалимзабазе жаваблъунги кола гьабхъвай-хъвагIай. МагIарул мацI ГIанди-гIурухъ Данияловас билъанхъизабунилан бицарал чагIазда цIехезе бегьула нилъеца – гьабхъвай-хъвагIайги гьес тIамун гьабураб жойищилан? Гьелдалъун нилъеда бихьулеб буго бол мацI ХIХ-б гIасруялдаго кинабго магIаруллъиялда киназего гIаммаб жамгIияб алатлъун. Гурони щайзе ТIиндиса чиясе къваригIараб 1854-б соналъ магIарул мацIалда гьабд жо хъвазе. Гьеб соналъ Имам Шамил унев вукIана Гуржиялъе, нахъехун машгьурлъараб чабхъенгун (ЦIинандариса гуржиязул киназасул хъизан хъамараб). Унаго нухтIа ТIиндив рештIарав гьесухъе рачIана гIалимзаби ва жамагIатчагIи, кIудияв Имамасе адаб гьабизе абун. Гьебго къоялъ рокъов щун хадуб хъвараб бицен буго нилъеца гъоркьехун кьолеб хъвай-хъвагIай. Гьанив АхIулгохIалда шагьидлъарав ТIиндиса бахIарчи Бусайилав рехсолев вукIана Усайилав абун, нижеца гьеб битIизабуна. Жеги гьанивго рехсолев Дибирилав кола Гьигьалъа чи, хадув наиблъун вахъарав.

Дун рокъове щун хадуб, дица хъвана гьаб Имам Шамилил нижеда гьабураб калам. Ниж ана – дунги,Дибирасулавги, Бусайиласул МухIамадги – жакъа имамасда тIад, гьезие гьоболлъи гьабизе бокьун. Кодоб квенгун нижеца имамасда ниж тIадерачIине изнуги тIалаб гьабуна.

Имам Шамилги гьесул наибзабиги рещтIун рукIана нилъер росдада цебе Гъассилахъ абулеб колода. Кванан хадуб, дица имамасда абуна: «гьав МухIамадил вас вукIана дов Аргъванив шагьидлъарав тIиндисев Бусайилав», абун. Гьебмехалъ имамас, тIад вахъун, нижер цIидасаги кверал росана. Гьанже гIодор рукIаян абуна: «МухIамад, дуеги дурр хъизамалъеги дица баркала кьола ва лъияб дугIа гьабуна: «ножое Аллагьас лъиялдаса жазаги гьабеги», абун. «Гъодинав бахIарчи гIезе гьавиялъухъ, рагъулъ, щибго тушманасдаса беркъачIого жиндир рухIбичарав ва тушбабазе кIудияб ками ккезе гьабурав. Гьес босана камилаб гъазават. Гьев нужее ахираталда ватила бахIарав гIадин. Дица гьесие бахIарчиясул цIарги кьуна. Гьединго нужер багвалазул, тIиндадерил лъиял бахIарзал дир бода рукIана: ГIалуч-МухIаммад абун, Денгал МухIаммад абун. Гьев ГIалуч-МухIаммадицаги ИчучIали ккараб рагъда бихьизе гьабуна жиндир бахIарчилъи. Нужер гьединал лъимал хьихьарал эбел-инсуе МахIшаралъул къоялъ дир кумек букIина. ИншаллагьутагIала. Гьанже нужеца нужерго мурад бицине дир изну буго», – абуна имамас.

Цинги, нижеца гьикъана: «Дур къадру борхаяв хIурматияв имам! Гьаб кIудияб аскар гьаниса эхеде рехиялъе щиб мурад бугеб», абун. Имамас жаваб гьабуна: «нилъер магIаруллъи, лъарагIал ва чачанал гурелги нилъее къваригIун буго нилъеда сверухъ ругел улкаби капурлъиялъул лагълъиялдаса эркен гьаризе ва жидерго ихтияраб улка гьабизе. Гьеб букIине гьабизе бацIадаб аварагасул шаригIат цIунараб улкалъун, цо хан цо лагъ гьечIого нилъер кинабго халкъ жидерго ихтияраб букIине. Гьаб дир боги Гуржиялъе унеб буго ,гьазул бетIерги дир вас ГъазимухIаммад гьавуна дица». Гьебмехалъ нижеца абуна: «гьеб гуржиязул цIикIкIараб улкагьечIиш, дуца ГIажамалдаса яги турказул добаса кумек щай тIалаб гьабичIеб», абун. Имамас абуна «нилъее щивго чиясул кумек хIажатаб гьечIо. Нилъерго халкъалъ кинабго рагъуе хIажатаб жо гьабула. Нилъее кумек жив – бетIергьанав Аллагьасул бугони гIола. Аварагас кколеб ислам –Аллагьасул дин ханзабазул кумекалдалъун билъине гьабичIо, жив Аллагьасул кумекалдалъун билъине гьабуна. Нужер букIинариш Аллагьас дие квегъун кьураб аскар?» Гьебмехалъ МухIаммадица гьикъана: «чам азар чи ватила гьаб аскаралда», – абун. Имамас хекко жаваб кьуна ва дагьаб тун букIана, сангар бухъулеб къоялъ аварагасулгIанаб батила абун. Цинги имамасе, хабар къокълъине бокьана. Цинги нижеца гьикъана: «гьанже ниже амру гьабизе бугиш?», – абун.

Имамас абуна: «нужеца нужер лъималазда ва нужер гIолилазда абе нужерго Бусайилав гIадинав лъугьинабе. БахIарчиясул хвел гьечIин, я дуниялалда, я ахираталда», – абун.

Нижеца квералги росана, нижги нахъе руссана.

1270/1854 соналъул роол авалаб гIуж.



Опубликовал(а): nkaa, 31-05-2013, 18:14. Просмотров: 2942
( Всего голосов: 1 )
0
Уважаемый посетитель, в данный момент Вы зашли на этот сайт как незарегистрированный пользователь. Мы рекомендуем Вам зарегистрироваться либо войти на сайт под своим именем.

Онлайн перевод

аварских слов на русский

и иностранные языки и обратно

Панель управления
авторизироваться через:



Последние комментарии
    Нет комментариев


Оцените работу сайта

Лучший из новостных
Неплохой сайт
Устраивает ... но ...
Встречал и получше
Совсем не понравился