Какил гIуж МахIачхъалаялда жакъад:  |  |
Главная » Личности » ШаргIиял масалаби токIкIинарулев МачIадаса ХIадис (1689-1770/71)

ШаргIиял масалаби токIкIинарулев МачIадаса ХIадис (1689-1770/71)

ШаргIиял масалаби токIкIинарулев МачIадаса ХIадис (1689-1770/71)Жиндир баракат нилъее щваяв кIудияв шейх Багинуса ШугIайб-апандияс Дагъистаналда рахъарал жидеего щвараб гIелмуялда гIамалги гьабун цойгиязда гьебги малъун БетIергьан Аллагьасукьа хIинкъун шаргIалъул нухда варагIалда жал хьвадиялдалъун Гьесде гIагарлъарал ва Гьесдехъун рокьи–шавкъги цIикIарал гIалимзабазул цIарал рехсолаго цересел мухъазда кьолеб буго МачIадаса ХIадисил цIарги.
ГIумруялъул галаби
Гьесие сипат гьабулаго, ШугIайб-апандияс (къ.с.) гьадин абулеб буго: Гьезул (ай гIалимзабазул) бищун лъай бугев, бергьун кIудияв гIалим, камилав мударрис, цере тIурал гIалимзабазул цояв ХIадис ал-МачIади ал-Гьидали абун.
ХIакъикъаталдаги, ХIадисица исламияб гIелмуялъулъ тараб лъалкI цIехон, гьесул заманаялъ рукIаралги хадур рахъаралги Дагъистаналъул гIалимзабазда гьоркьоб гьесул къадру-къиматги бихьун, жакъа къоялъги гIаммаб халкъалъ ХIадисил гьабулеб адаб – хIурматалъулги хIисаб гьабун букIинчIебани ШугIайб – апандияс гьесие гьадинаб къимат кьей щакаб жо буго.
ТIаде жоялъеги XVIII гIасру ккола тIолго дунялалдаги хас гьабун Дагъистаналдаги исламияб гIелмуги кутакалда цебе тIураб, гIемерал гIалимзабиги рахъараб заман.
Гьезда гьоркьосан цо хассал ХIадис гIадал гIалимзабазул халкъалъ гьабулеб биценалъги гьез нахъе тарал жакъа къоялъ цин кIвар цIикIкIарал гIелмиял асаразги нугIлъи гьабула гьединал гIалимзабазул гIелмуялъул букIараб тIадегIанаб даражаялъеги, рухIияб рацIцIалъиялъеги, кинабго халкъалъе пайдаяб хIаракаталъеги.
МухIаммадил вас ХIадис гьавун вуго 1689 соналъ МачIада росулъ. ХIассайлал абулеб тухумалда. Гьев гьитIинго гIелму тIалабалъе лъугьун вуго. ГIелмуялъул тIоцересел галаби ХIадисица лъун руго доб заманаялъ магIаруллъиялдаго машгьурлъарав МачIада МугIаз абулев гIалимасде цеве. Хадубккун гIелму камил гьабизе цIалун вуго Дагъистаналъул батIи-батIиял росабалъ. Цо заманаялъ цIалун вуго жиндир заманаялъ Дагъистаналъул гуребги тIолго бакъбаккул бусурбабазул улкабазда жиндир гIелму-лъаялъе гIалимзаби мукIурав Къудукьа Мусаласухъ Ругъжаб росулъ. Гьевгун цадахъ гьениб цIалулел рукIун руго ЧIохъа МахIад абулев мащгьурав гIалим ва живго Мусаласул вас Дибирги. Гьелъие нуглъи гьабула живго ХIадисица гьабун батараб хъвай-хъвагIаялъги. Мусаласухъ гьес цалун буго «хIарф» гIелмуги. Джамалуддин Гъумукъиясул (къ.с.) вас ва Шамил имамасул дурц Гъазигъумекиса ГIабдуррахIманица жиндирго «РакIалде щвеял» (Тазкират) абураб техьалда Дагъистаналда рахъарал гIалимзабазул бицен гьабулеб бакIалда абулеб буго: «Гьал хадур рехсезе ругел гIалимзаби ккола Дагъистаналъул диниял церехъаби ва чIахIиял фукъагьаал (ай гъваридго исламияб шаригIаталъул тIолалго рахъазулъ бичIчIи щварал чагIи), гьезул руго жинде мугъ чIвай гьабулел гIелмиял хIалтаби. Гьединаздасан ккола: Къудукьа Мусал вас МухIаммад, Убриса МухIаммад, ГIаймакиса Абубакар, МачIадаса ХIадис»- абун.
Mach1ХIадисил гъваридаб лъай букун буго мантикъ (логика), усул (основа мусульманского права), хасго фикъгьи гIелмабазулъ.
«Жинда Aллагь разилъаяв ХIадис гIараб гIелмуялъулъги мантикъ гIелмуялъулъ лебалав цойгидал гIулумазулъги цеве карав вукIана, гьел малъизеги гIалимзабаздехъун бахIсалъеги цойгидал нахъ таравлъунги вукIана, шаргIиял масалаби токIкIинариялъулъ сардал рорчIулевлъунги вукIана, ричIчIуларел бакIал ричиялъе машгьуравги вукIана»-ян хъвалеб буго жегиги гьесул хакъалъулъ ШугIайб-апандияс. Хасго лебалав вукIун ХIадис ибн ХIажар Гьайтамиясул «ТухIфат ал-мухIтаж» абураб тIехь тIалибзабазе бичIчIизабизе – ян абулеб буго жиндирго «Нузгьат ал-азгьан» абураб тIехьалда Назир Дургъелияс. Гьаб цебе рехсараб гIелмияб техь хъвана гьоркьохъел гIасрабаз вукIарав АхIмад ибн ХIажар ал-Гьайтами абулев бергьун кIудияв гIалимчияс. Гьесул гьеб тIехь рикIкIуна шафигIияб мазгьабалда рекъон шаргIиял масалабазе баян кьолел бишунго аслияб ва кьучI бугел хIалтIабаздасан цояблъун ва гьеб хасго Дагъистаналъул гIалимзабацаги хIукму къотIулеб мехалъ аслияб къагIидаялда мугъчIвай гьелде гьабулааан. Жибго гьеб тIехь цIакъго гIемерал масалаби гъорлъе рачараб, гъваридаб магIнаялъул ва цIакъго тIадегIанаб гIелмияб даражаялда хъвараб хIалтIи буго. ГIадатав мутагIеласдани кисан, тIадегIанаб гIелмияб даражаялде шварав гIалимчиясдаги ричIчIизе кIоларел масалаби гIезегIан руго гьеб тIехьалда жанир.
ХIадисица нахъе тарал гIезеганго гIелмиял хIалтаби ругилан нугIлъи гьабулеб буго Дургъелиса Назирицаги. Жакъа къоялде нилъер рукIарал гIалимзабазул тIахьазул хал гьабураб мехалъ къанагIатги батуларо ХIадисиде мугъчIвайги гьабун хъвачIеб.
Шаклъи гьечIо ХIадисил букIин бечедаб библиотека, кинниги гьелъул нилъехъ дагьаб макъаб гурони бутIа нилъехъе щвечIо ва гьеб МачIада росулъ нахъе хутIун буго, амма гьелда тIад жегиги гIалимзабаца хIалтIи гьабун гьечIо.
Нахъе цIунун руго 18-абилеб гIасруялъ вукIарав КIаратIаса Титалав абулев гIалимчияс гIалимзабазе кьурал суалал. Гьенир ругоан хъизан-лъималазда ирс бикьиялда, назру-вакъпу гьабиялда хурхарал, ракьал хIалтIизариялда тIасан, сверухъ ругел бусурбабазул гурел ракьазде (гуржимухъ, тушал ва гь.ц.) гъазават-чабхъенал гьариялда тIаса, палхIасил доб заманаялъ хIалкъалда жаниб гIемер кколел ва кIвар бугел масалаби. РикIкIуна гьел суалал рорхун жаваб тIоцебе Дагъистаналда бищун машгьурал гIалимзабазул цоял ГIурадаса Ибрагьим-хIажияс ва Усишалиса Давудицаги кьун рукIун ругилан. Гьезул щивас жиндир бичIичIиялда рекъон кьун руго жавабал. Амма дагьаб цебе нижехъе кодоре щвана гьелго суалазе ХIадисица кьурал жавабалги. ХIисаб гьабидал гьел суалал тIоцере гьесухъе рачIарал рукIун руго ва гьесги камилаб хIалалъ рорхун руго гьел суалазда тIаса ишкал (бичIчIунгутIи).
ГIагарал соназ гIалимзабазада батана араб гIасрeялъул 40-абилел соназ репрессиябазде гъоркье ккун хварав машгьурав тарихчи ва гIалим Каяев ГIалил Дагъистаналъул гIалимзабазул таржамаби данде гьабураб мажмугI. Гьенирги руго кьолел руго ГIалица МачIадаса ХIадисил гIумруялъул ва гIелмияб хIаракаталъул хIакъалъулъ къиматал баянал. Гьесги нугIлъи гьабулеб буго ХIадисил гIемерал гIелмиял хIалтIаби рукIиналъе. «Хасго гIемер рукIана гьесул (ай ХIадисил) шаргIиял «фатваби» ва гьезул гIемерисел халкъалъ къабул гьарун рукIана»-ян хвалеб буго ГIалица. Гьединал фатвабазул дихъе щваралдаса ккола ХIадисил гьаб хитIаб: «Ле бусурбаби, дир диналъул вацал ножода лъан букIа! Нилъер хIурмат тIадегIанал шайхзаби Къудукьа Мусалав, ГIубриса МухIаммад, Кудалиса Салманилав (ибн Салман) ва гьел гурел цойгидал цересел чIахIиял гIалимзаби (жидеда Аллагь гурхIаял) тIад рекъон абулеб букIана: «Жакъа къоялъ исламалда жанир ругел къосун карал (мекъал) рикьалаби (пиркъатал) капурлъиялде рачине бегьуларо гьединаллъун гьел ратаниги ва гьаб имам ШафигIиясул кьучIаб рагIиги буго»-ян жеги тIаде жубалеб буго Каяевас. (Хал гьабеха гьаб хIукмуялъул жакъа къоялъги нилъее кIвар свин гьечIолъиялъул ва жакъасеб гIелалъе нахъ жинда нахъ рилъине жиндир мустахIикълъиги).
Цого цо шаргIиял гIелмабазда тIад хIалтIи гуребги ХIадисица кIвар кьолеб букIун буго гIаммаб бусурбабазул ва гьелдаго цадахъ гIагараб ракьалъул халкъазулги тарих лъазабиялда тIад. Мисалалъе нахъе цIунун буго гьесул квералъ хъвараб Дагъистаналда Ислам тIибитIизабизе Аварагасул (гI.с. ва.с) имгIалзаби Аллагь разилъаял ГIаббасил ва ХIамзатил наслуялъул чагIазул бетIерлъиялда гъоркь ГIарабустаналдаса рахъун рачIарал гъазизибазул боязул хIакъалъулъ машгьураб тарихияб макъала. Ва гьелдаго ХIадисица батIи-батIиял росун данде гьабун ругоан Дагъистаналъул ракьалде исламалъул ахIи щвезабиялъул ва гьениб шагьидлъарал чагIазе бугеб хиралъиги ва тIадегIанаб даражаги баян гьарулел живго Аварагасдасан (Аллагьас салат салам лъеяв) рицарал хIадисал.
ЖамгIияб хIаракат
ГIелмияб гуребги жамгIияб хIаракатчилъи загьирлъана МачIадаса ХIадисил. Ираназул шагь Надирил хъамалачагIазда данде гьабулеб дандекъеркьеялъулъ Ибрагьим хIажи гIадал гIалимзабигун цадахъ гьес кIудияб жигара бахъана хъалкъ тущманасда данде цолъиялде ахIизе. Дагъистаналъул миллаталги данделъун къажаразул боязда кьаби льолел къояца ХIадис цо чанго жиндирго мутагIелги вачун ун вуго «Лъамилал» абулеб къелдерил мугIрузда бугеб хирияб бакIалде. Гьениб цо чанго къоялъ гIемераб гIибадат гьабун Аллагьасда тушманасда тIад кверщел бати гьарун рукIун руго гьел. Бергьенлъи щванин тушманги инжилъанин абураб хабар лъачIого тIадги руссун гьечIо. Жакъаги буго Лъамилазда ХIадисил гIириян абулеб тIад тарихги хвараб гамачI.
МачIадаса ХIадис тасаввуф гIелмуялъул бутIа щварав чи вукIиналъеги далилал руго. Амма щиб тIарикъаталда гьев вукIаравали ва гIадамал тIоритIизе изну бугев вукIиналъе жеги кодоре щварал хIужаби гьечIо.
Живго ХIадис кутакалда дуниял гьаби реххун тарав ахираталъул гурого ургъелги гьечIев цIакъго Аллагьасукьаги хIинкъун хьвадулев чи вукIун вуго. «Цо сордо къоялъе гIураб гурони кваназе жо гьес данде гьабичIила, ретIелги берцинлъи-сурукълъи хал гьабичого ретIулаанила, Аллагьасе гIоло гьабулеб жоялъулъ гьев гIадамазул гIайбалдаса хIинкъулароанила»-ян хъвалеб буго жеги гьесул хIакъалъулъ Багинияс.
ХIадисидасан загьирлъарал караматал гIемер бакIазда рехсон руго, халкъалъ цIунунги руго. Гьезул цояблъун ккола гьадинаб биценги: «ЦIакъго гIелму-тIагIаталдеги вуссун дунялияб магIишат-яшавалъулги ретIунеб ретIелалъулги агъазго гьабичIого загьидасул гIумру тIамулев росасда ццим бахъун гьев сасикь гьавичIого ийгей ХIадисил хъизаналъ гьесда цо къоялъ абун буго: «Дур магIишат-ящав хъарчигъаялъул гIадаб буго ва ретIа-къайги ва сипат-суратги гьединабго буго»-ян. Гьеб бакIалда жиндихъ балагьун чIчIарай хъизамалъе ХIадисил сипат цIумалдеги сверун боржун ун рокъоса бихьулеб цо гохIда тIад чIчIун буго. Хъаган хъутIарай хъизан дагьалъ лъавудаса ун йиго ва гьелдаса хъадуб росасул къадруги бичIчIун гьесул кутакалда адаб-хIурмат гьабизе лъугьун ийго».
Бицен буго хабалъе бегьулеб ХIадисил жаназаялъ абун бугила: «Гьаб буго дир дунялалъул ахирисеб ахираталъул тIоцебесеб къо» – абун. Жиндирго гIелмияв устар ахираб сапаралъ нухда регIизе щварав Ибрагьим-хIажиги вукIун вуго гьенив. «Гьединал чIагIи гьедин рукIуна, жаназа хабалъе бегье»-ян абун буго гьес хIайранлъун хутIараб жамагIаталда.
ХIадисил МухIаммад абулев васги вукIун вуго. Гьевги инсул даражаялде щвечIониги лъикIго гIелму цIаларав чи вукIун вуго.
Доб заманаялъ Гьидалъ тIад сверулеб букIун буго тIагIун (чума) унти. Гьелъие къурбанлъун руго гIемерал чIаги, хун руго гIемерал Ибрагьим хIажи, Гьентаса Байбун, МачIадаса Багъужалав гIадал бергьарал гIалимзаби. Гьездаго гъорлъа ХIадисги тIагIуналъ чIван вуго. БатIи-батIиял баяназда рекъон гьеб кколеб буго 1184 гь./1770 сон. Гьел гIалимзаби хведал гьарурал марсияталъул рагIабаздасан ккола гьал мухъалги:

 

Къураналъе лъикIав
ХIадисги хведал
ХIадисгимо Къуран
ЧIунтIун теладай!

 

ХIадис-шайихасул вас МухIаммадица квералъ хъвараб ХIадисил васияталъулаб кагътил гьитIинабго бутIа нахъе цIунун батана: «Жинда Аллагь гурхIаяв МухIаммадил вас ХIадисица васият гьабулеб буго: Дица дир бугеб щинаб тIехь дир наслуялъул гьелдаса пайда пайда босулезе гьединал рахъичIони гьел васият гьарула инсул рахъалъан гIагарлъиялъул пайда босарасе гьединал ратичIони МачIада росдал жамагIаталъул гIелму цIцIаларасе, росулъги рахъичIони, гьидерил боялда жанире кьела амма бо бахъун къватIибехъун кьеларо. Кьуниги гъоркьлъалие (залогалъе) жоги лъун мухIканаб къотIи-къай гьечIого кьеларо.
Гьединго дир гIириялда накъищалги гьаруге цого цо гьадинан хъвай: «Гьаб гIорол бетIергьан ккола жинда Аллагь гурхIаяв МухIаммадил вас ХIадисил».
Гьесул васийат жамагIаталъ тIубана, гьев вукъун вуго росдал басриял хабалалъ. Зиярататги гьенибго буго. «МачIадаса ХIадис вукIана дуниял рехун таразе мисаллъун, Аллагьасул лагъзадерий вагIзалъун, ахират тIалаб гьабулезе устарлъун, жиндир рагIудалъун гуреб гIамалалдалъун халкъалъе насихIат гьабулевлъун, гьаб дунялалдеги вачIана пакъиравлъ нахъеги ана пакъиравлъун»–ян хвалеб буго ахиралдаги ШугIайб апандияс.
Гьадинал гIалимзабазулги вализабазулги адаб-хIурмат цIунараллъун, васият тIубараллъун нилъ рукIуна гьез малъухъе нилъ хьвадани, нилъее ТIадеганав Аллагьас тавфикъ кьеги гьединаллъун рукIине. Амин!!!



Автор: Маркъо ШагIбанов

Опубликовал(а): nkaa, 4-07-2013, 11:15. Просмотров: 3110
( Всего голосов: 2 )
0
Уважаемый посетитель, в данный момент Вы зашли на этот сайт как незарегистрированный пользователь. Мы рекомендуем Вам зарегистрироваться либо войти на сайт под своим именем.

Онлайн перевод

аварских слов на русский

и иностранные языки и обратно

Панель управления
авторизироваться через:



Последние комментарии
    Нет комментариев


Оцените работу сайта

Лучший из новостных
Неплохой сайт
Устраивает ... но ...
Встречал и получше
Совсем не понравился