Какил гIуж МахIачхъалаялда жакъад:  |  |
Главная » Личности » ГIакъилав вазир ГIалисканди – КIудияв ГIумаханил буцур

ГIакъилав вазир ГIалисканди – КIудияв ГIумаханил буцур

ГIакъилав вазир ГIалисканди – КIудияв ГIумаханил буцурXVIII гIасруялъул кIиабилеб бащалъиялда нуцал КIудияв ГIумаханил (ГIума-нуцаласул) бетIерлъиялда гъоркь Аваристан лъугьана Кавказалдаго аслияб политикияб гIуцIилъун, къуватлъун.
Кавказалда букIараб гIурусазул рагъулаб администрациялъ XIX гIасруялда гьадинаб къимат кьолеб буго Кавказалда ГIумаханасул билълъанхъараб рагIиялъе, гьесул политикиябгун цIайиялъе ва асаралъе: «Бергьун кутакал сурсаталги кверщаликье ракIарун, жиндирго бугеб гьеб макъамалдаса пайдаги босун, гьес жиндие магъало кьезе тIамуна Грузиялъул пача ГьиракIли КIиабилев, Дербенталъул, Кубаялъул, Бакуялъул, Ширваналъул, Шекиялъул ханзаби ва Ахалцихалъул паша, гьезул ракьазе жинца тIокIаб зарал гьабиларин абураб шартIалда. Гьел кверщелчагIаз бачIунеб магъало, гьанжесеб гIарцуде буссинабуни, бацIцIадаб гIарцул 85-азарго гъурущ кколаан. Гьелдаса хадуб щибго кIодо гьабичIого абизе бегьула ГIумар-хан Аварскиясул гIадаб шавкат, гуч Дагъистаналъул цониги ханасул яги цевехъанасул букIинчIилан. Жидерго Сурхай-ханасдаса Гъазигъумек чIухIулел ратани, мугIрузда кидаго бищунго къуватаблъун букIараб Аваразул (магIарулазул) къавмалъул дагьабги цIикIкIараб ихтияр буго рекIелъ чIухIигун ГIумар-хан ракIалде щвезавизе, хIакъикъаталдаги тIолабго Закавказьеялде «балеб горо-цIер» вукIана гьев, гьесдаса хIинкъулаан сверухъ ругел кверщелчагIи».
Авариялъул кIиабилев чи
ГIумаханица абулеб букIун буго магIарул пачалихъ цебетIезабизе жинда сверухъ ругел гIадамаз кIудияб квербакъи гьабунилан. Нуцаласе нухмалъи гьабизе хIалае ратаразда гьоркьоб хасаб бакI ккола тIоцевесев вазир ГьоцIалъа ГIалиханил ГIалискандица (Кавказалъул кIиабилев имам ХIамзатил инсуца).  Гиничукьа ХIайдарбегица гьадин хъвалеб буго: «ГIуммаханил вазирлъун вукIана ГьоцIалъа ГIалискандар – МухIамадил ГIалиханил вас. Гьев ГIалискандарасда гIадамаз абулаан КIудияв ГIалискандийилан. Гьанже халкъалда гьоркьор тIиритIун руго ГIумаханица абунин рехсолел гьадинал рагIаби: «Цересел ханзабазул цонигиясул рукIинчIо дир гIадав гIакъилав вазирги дирасулгIан лъай цIикIкIарав даптарчиги». ГIелму-лъаялъул рахъалъ гьедин цIар арал гIадамал рукIун руго гьел».
Бихьулеб буго гIицIго рагъулал бергьенлъабаздалъун гуревги машгьурлъун вукIин ГIалисканди. Гиничукьа ХIайдарбегица хадубги гьадинал сипатал гьарулел руго ГIалискадие: «Киналго рахъал жиндир камилав чи; берцинав, сахаватав, гIакъилав ва бахIарчияв вазир, ГIуммаханас мугъ чIвалеб щулияб хIуби, буцур, ясбералдасаги багьаяб жавгьаралдасаги гьесие жив хирияв чи».
«Тарихияб  байданалда» тIоцеве ГIалисканди загьирлъулев вуго 1785 соналда. Машгьурав кавказовед Л. Лавровас хъвалеб буго ГIалисканди «вукIанин аваразул (магIарулазул) бег ва ханлъиялда рагIи билълъарав чи. 1785 соналда ГIумма-ханасул вакиллъун гьес сапар бухьана гуржиязул пача ГьиракIли КIиабилесухъе». Документазул цIех-рех гьабидал, жеги мухIканлъулеб ва баянлъулеб буго 1785 соналъул лъугьа-бахъиназулъ ГIалискандица жавабияб хIаракатчилъи бихьизабун букIин. Жеги гIолохъанчи вукIаниги, ГIумаханас божилъи гьабурал гIадамазул цоявлъунги лъугьун, гьесул цIаралдасан живго ГьиракIли КIиабилесулгун гара-чIвариял тIоритIула ГIалискандица.
1783 соналда ГьиракIли КIиабилес Россиялъул империялъулгун Георгиялъулаб къотIи хъвана. 1784 соналда гьес инкар гьабуна аваразул нуцаласе санайил кьолеб букIараб магъало битIизе ва ЧIаралъул ракьалде чабхъен гьабуна гьенир ругел магIарулазул росаби риххизаризе ва ЧIаралъул Республика мутIигI гьабизе мурадгун.
Гьел лъугьа-бахъиназдаса хадуб ГIумаханас цIидасан Грузиялда рагъ лъазабизе ккана. Закавказьеялъул хIакъикъияв кверщелчи щивали бихьизабизе ва ЦIоралъул магIарулал цIунизе къасдалда Грузиялде чабхъен гьабуна гьес.
1785 соналда аскаргун Грузиялде вачIарав ГIумаханас хехаб куцалда гьужум гьабуна гIарцул ва меседил магIданал рахъулеб Гумушхан хъалаялде (гьанжесел Грузиялъул ва Армениялъул гIорхъода бугеб Алаверди шагьар). Гъоркь тункIихер лъун, шагьаралъул къадалги кьвагьизарун, гьеб хъала кверде босаралдаса гуржиязул пачалихъалъул экономикияб кьучI тIатIала ккана. 80-азарго гъурущ щолаан ГьиракIли КIиабилесе санайил гьел магIданаздаса, гьесул пачалихъалъе лъагIалие щолеб хайиралъул лъабилъа кIиго бутIа кколаан гьеб.
Гуржиязул жеги кIиго хъалаги бахъана ГIумаханас, амма ракълилал росабазда квер хъвачIо, риххизаричIо. КIанцIизе бакI тIагIун хутIана ГьиракIли КIиабилев, магIарулазе жаваб гьабизе бо бакIаризецин бажаричIо гьесда. Гьеб захIматаб ахIвал-хIалалда ГьиракIлийица ГIумаханасухъе кагъат хъвана. Гьеб рисалаталда гуржиязул пачаяс хъвалеб букIана ГIумаханил инсулгун 33 соналъ гьудуллъиги рекъелги цIунанин жинца, Грузиялде гьабураб чабхъен чIезе тейилан. МагIарулазул цевехъанас ГьиракIлиясе жаваб кьуна, гьудуллъи бокьун батани, «гIамал хисейилан», Грузиялда ккарал лъугьа-бахъиназе гIилла нужер цереккунисел пишаби ругилан. Гьелдаго цадахъ ГIумаханица хъвалеб букIана гьеб суалалъул хIакъалъулъ кинабго жо кIалалъ гьесда бицине бугин «Мирза- Магметица ва Алискантица», ай Дибир-къадицаги ГIалискандицаги. Гьел Типлисалде рачIана I785 соналъул декабралъул ахиралда. ГьиракIли КIиабилесда гьез лъазабуна, ракълил къотIи хъвазе къваригIун батани, магIарулазул нуцаласе «санайил анцIазарго гъурущ кьезе тIаде босейин ва Аваразул ханасул бодулъ къватIире рахъарал Дагъистаналдаса рагъул церехъабазе цадахъго анцIазарго гъурущ кьейилан. ГьиракIлица жаваб гьабун буго Дагъистаналдаса бодул церехъабазе анцIазарго гъурущ ва живго ГIумар-ханасе санайил ункъазарго гъурущ кьезе кIолилан». Гьединаб куцалда тIадкъараб иш ГIалискандица бергьенлъиялда тIубазабуна ва Кавказалда магIарулазул кверщелчилъи жеги щулалъана.
Аваристаналъул рагIияталлъун кколел, гьелъие мутIигIал ракьаздаса магъало бакIариялъул иш хадубккунги ГIалискандица нухда бачана. Щибаб риидал магIарулазул пачалихъалъул вакилзаби ГIалискандил бетIерлъиялда гъоркь тирулаан ГIумаханасе магъало кьолел ханзабазул ва феодалазул ракьазда. Гьедин бакIарараб месед-гIарац, буголъи ГIалискандица кьолаан кIиабилев вазир ва хазиначи Хъазанби-дадахъе. Гьеб хазинаялъул мулк харж гьабулаан пачалихъияб кIваралъул хIажалъабазе, болнухазе, къулгIабазе, мадрасабазе, бесдалазе, харабазе, хъулухъ-тIалаб гьабизе чи гьечIого хутIаразе.
КIудияв ГIумаханида цадахъ рагъазулъ гIахьаллъиги Аваристаналъул дипломатиял масъалаби тIурайги гуребги, жеги гIемерал суалазда квербазе кколаан ГIалискандица. ГIумаханас витIун, жиндирго бетIерлъиялда гъоркь рагъалги гьаруна гьес, Хунзахъ тахшагьаралъе данде кколарел Закавказьеялъул ханзаби хисиялъул тадбиралги гIумруялде рахъинаруна. 1795 соналда Персиялъул шагь Агъа-МухIамад-хан Закавказьеялде вачIана. Шекиялъул МухIамадхIасан-хан шагьасухъе бетIер къулизе щвана, жив дуе мукIурлъанин абун. Ширван бахъизе бо кьуна гьесухъе шагьас. Ширваналъул МустIапа-хан, тахшагьар Шемахаги рехун тун, Фитдагъалъул мугIрузде лъутана. Шекиялъул МухIамадхIасанханас ханлъи щвеялъе гIоло чIвазехъин вукIарав гьесул гьитIинав вац Салим ЧIаралъул магIарулазехъе вачIана «Аваразул ГIумма-ханасдаса кумекги гьарун». А. Бакихановас хъвалеб буго Салим микьго моцIалъ ЧIарлъул Республикаялда вахчун вукIанилан, цинги гьезул ва «ГIали Искендер Гуззатлил бетIерлъиялда гъоркь рачIарал цогидал аваразул кумекалдалъун Шеки ханлъи бахъанилан».

ГьоцIалъа ГIалискандица нухмалъи гьабулеб магIарулазул аскаралъ гьеб I795 соналда Шеки ханлъи бахъана ва гьелъул тахида мутIигIав Салим тана. МухIамадхIасанил бетIерлъиялда гъоркь букIараб шагьасул боги гъурана Аваристаналъул аскаралъ. Къурав МухIамадхIасан-хан Ираналъул шагь Агъа-МухIамад-ханасухъе тIурана. Жиндир кIудияб бо камиялъ ццин бахъарав шагьас, бералги рахъун, Тибризалде витIана МухIамадхIасан-хан. Гьединабго рагъулаб тадбир гьабизе ккана ГIалискандица КIудияв ГIумаханил вац Гебекида цадахъ 1797 соналдаги. Анкьазарго рагъухъан вугеб къокъагун хехаб ва циндагояб тIадекIанцIи гьабуна гьез Кахетиялде.
Гъарабагъалъул Ибрагьим-ханасулгун КIудияв ГIумаханасул гьудуллъиялъулал (союзниял) гьоркьорлъаби лъугьинаризелъунги гъеж гурун хIалтIана ГIалисканди. Гьесул хIаракаталдалъун ГIумаханил яц Бахтикалги  Ибрагьим-ханасулги ригьин-цIа гьабуна. Гиничукьа ХIайдарбегица хъвалеб буго: «Гьеб ригьнаде ине бокьун букIинчIо Бахтикае. Ибрагьим-ханасе жий кьунин абун, хадубккун Бахтикаца гIайиб гьабулеб букIана ГIумаханасдеги гьесул вазир ГьоцIалъа ГIалискандидеги».
1800 соналъул анкьабилеб ноябралда Иори гIурухъ ккараб талихIкъараб рагъулъги КIудияв ГIумаханасда аскIов вукIана ГIалисканди. ГIурус тарихчагIаз хъвавухъе, «Жидерго кверщелчи ГIумаханасул ва гьесул цIар рагIарав вазир ГIалискандил изну гьечIого, бусурбабазул аскарал гьужумулъ ана. ГIурусазул боял хехго нахъекъалел рукIана». Амма кватIичIого рагъул сипар-сурат хисана, гьениб магIарулазе битIккечIо, генерал Лазаревасул боялъ аварал къезаруна ва ГIумаханица аскар нахъе бачана. Ганжаялъул хан Жавадие гIадлу гьабизе чабхъаде хIадурлъулев вукIаго, гьев ханас йичун йосарай Белоканалдаса гьоболасул гъаравашалъ загьру кьун, 1801 соналда ГIумахан къадаралде щвана. Халкъияб кочIолъ загьир гьабун буго ГIумахан камиялъул пашманлъиги гьесул сверухълъиялда ГIалискандил букIараб даража-макъамги:
ГIумаханил чадир чода лъун бугин,
Чу кьолозе вахъа, ва, ГIалибулат!
ГIалискандил дугъал къеда ран ругин,
КъватIир кин рахъинел АхIматIханилал!
Гьакил двари буго доб Дерменталда,
Дагъистаналъул хан хванилан абун,
Топил рохел буго тушманзабазул,
Ханзабазул ханас дунял танилан.
Цо гIайибни ккана ГIумаханасда,
ТIолабго капурлъи квинчIого хведал!

ГIумахан хун хадув Аваристаналъул ханлъун лъугьана гьесул вац Гебек. Жиндирго кверщелчилъи щулалъизабизелъун гьес кIиабизе лъадилъун ячана КIилъилай. Гьесие росасе ана КIилъилай, амма кватIичIого гьелъ Гебек рекIкIаб куцалда чIвана. Цинги КIилъилалъ Хунзахъе ахIана Мехтулиялъул хан СултIанахIмад, гьесие росасеги ун, гьев гьавуна Авариялъул ханлъун.
НахъегIанаб къагIидаялда 1802 соналда Гебек чIвай рекIее захIмалъана ГIалискандие. Гьел лъикIал гьудулзаби кколаан, чанги цадахъ чабхъад рахъарал. Бихьиназул рахъалъ аваразул нуцалзабазул ирс Гебекие щолин рикIкIунаан ГIалискандица. Россиялъул офицер А. И. Ахвердовасул хIисабкьеялда хъвалеб буго 1802 соналда ГIалисканди цоги къадруял магIарулазда цадахъ СултIанахIмад-ханасда дандечIаразулъ вукIанилан. КIудияв ГIумаханил тIоцевесев вазирасе ва гьесул гьалмагъзабазе бокьун букIана чIварав Гебекил гьитIинав вас Сурхай (цо-цояз хъвалеб буго гьеб соналда гьесул анкьго сон букIанилан, цогидаз – 12) нуцаллъун лъазавизе, гьев Хунзахъа рикIкIад вахчизавун вукIана. Гъовго Ахвердовас баян кьолеб буго гьев Сурхай нуцаллъун рагIизавизе хIукму гьабунила ГIоротIа, Харахьи, Гьамущи, Мущули росабазул жамагIатаз. Гьел баянал тасдикъ ва мухIкан гьарулел руго цогидал документазги. П. Г. Бутковас хъвалеб буго ГIалисканди кколаанин ГIумаханасул «тIоцевесев чиновникI ва тIоцересел церехъабазул цояв» ва авариялда тIад кверщелчилъи СултIанахIмадихъе ккедал, гьесда дандечIанин машгьурав вазир. ВукIинесев ХIамзат имамасул инсуе бокьун букIана хадув жиндир васасул амруялдалъун чIвазе къотIарав Гебекил вас Сурхай нуцаллъун гьавизе.
Ираналда цадахъ – Россиялда данде
Гьелдаго цадахъ 1802-1803 соназда бакъбаккул Кавказалда жигараб политика билълъанхъизабуна ГIалискандица. МагIарулазул цо-цо жамагIатазул гIурусазулгун дармилал гьоркьорлъаби рукIинаризе хIалбихьана гьес. Амма гIурусаз жавабалъе ГIалискандидаса тIалаб гьабуна вас яги вац аманаталъе кьей. ГIурус пачаясул бодул церехъабазулгун рекъел ккезабизелъун бахъараб гьесул хIаракат хIурудахъ ана, чIухIарал инаралзаби гьесул шартIазда разилъичIо. Гьединлъидал Кавказалда Россиялъ тIобитIизе байбихьараб рагъулаб политикаялда дандечIаразул кьеразулъе ана ГIалисканди. Грузиялъул пачаясул вас Александрил рахъкколеб букIана гIурусал нахъе кьабизе хIажат бугин рикIкIунел кавказияз. Гьезда гьоркьов вукIана ГьоцIалъа ГIалискандиги. ГьиракIли КIиабилесул цогидав вас Георгий АнцIила КIиабилес пачалъиялдаса махIрум гьавурав Александр Ираналъул шагьасул кумекалдалъун Типлисалъул тах тIалаб гьабизе лъугьана. XIX гIасруялъул байбихьуда Александрица чанцIулго хIалбихьана Дагъистаналда ва Чачанлъиялда гIурусазда данде багъа-бачари бижизабизе, амма гьесухъ щивниги гIенеккичIо.
XIX гIасруялъул авалалда (лъеберабилел соназде щвезегIан) Россиялъул империялъ Кавказалда рагъал гьаруна Закавказьеялда кверщел букIинабизелъун Турциялда ва Ираналда данде. 1800 соналда генерал Лазаревасда цадахъ КIудияв ГIумаханасда данде вагъарав генерал Гуляковасул бо 1803 соналда ЧIарлъул Республикаялде тIадекIанцIана. Гьел соназда Россиялъул империялъ Кавказалда сардарлъун тун вукIана гиназ Цицианов. ЦIоралъул аварал мутIигI гьареян амругун Алазан бахун битIана гьес Гуляковасул бо: лъелазул лъабго батальон, кIинусго хъазахъ, жеги щуазарго гуржиязулги къажаразулги рагъухъанги. 1803 соналъул марталда ЧIарлъиялде вачIарав Гуляковас бергьенлъаби росана, хасалил гIаздаца Северияб Аваристаналъулгун бухьен кколел нухал рацун рукIун, хIалае миллатцоял рачIун бажаричIолъиялъ. ИчIабилеб марталда Гуляковас Билкан бахъана ва бухIана.
Гьебго 1803 соналъул хасалихъе цIидасанги рачIана ЧIарлъиялде гIурус боял. ЦIоралъул магIарулазе кумекалъе миллатцоязул аскарги бачун, тIаде гIунтIана ГьоцIалъа ГIалисканди. ГIурус документазда хъвалеб буго 1803 соналда ГIалискандицаги гьесул рахъкколезги генерал Гуляковасде гьужум гьабунилан. Октябралда ккана гьезда гьоркьоб тIоцебесеб рагъ. КIиабилеб ноябралда гIурус сардар Цициановас Хунзахъе СултIанахIмад-ханасухъе хъвалеб буго гьеб чабхъен сабаблъун мун Россиялъ дуе кьолеб мухьалдаса махIрум гьавизе вугилан. Хадубги гьеб харж щвезе ва гIурус пачаясул рахIму букIине къваригIун батани, Гуляковасул бо гъурарал магIарулазе тамихI гьабеян ва гьеб чабхъадул цевехъан ГIалисканди жидехъе кьеян хъвалеб буго Цициановас.
Сардарасул гьел рисалатаз гьесие хIажатаб хIасил кьечIо. 1804 соналъул 15-абилеб январалда кIудияб богун ЧIар росулъе лъугьана Гуляков. Гьеб рагъулъ магIарулаз Гуляков чIвана ва гьесул аскар щущазабуна.
1804-1813 соназда Россиялда ва Ираналда гьоркьоб букIараб рагъда ГIалискандица жигаралда Тегераналъул рахъккуна. Персиялда цадахъ лъугьунгIаги гIурусазул тIадекIанцIиял нахъчIазе бокьун букIана гьесие. Гьеб мурадалда Дагъистаналъул жамагIатал рагъде ахIулел рукIана машгьурав цевехъанас.
ГьоцIалъа ГIалискандил хIакъалъулъ халкъалда гьоркьор гIемерал биценал тIиритIун буго. Ираналъул шагьасул кIалгIаялда вукIаго, тIаде биччараб гъалбацI гьес чIваялъул ва гь.ц. Гьелдаса хадуб шагьас ГIалискандие сайгъат гьабуна гьеб гъалбацIалъул цIокоги, кьуна Хъатай абурай ясги. Хадуй гьес гьей лъадилъун ячана.
Хъизанги, машгьурав васги, хвелги
ГIалискандил умумузул хIакъалъулъ чанго батIияб бицен буго. Масала, абула ГьоцIалъа МухIамадил вас ГIалиханил ГIалисканди вукIанин КIудияв ГIумаханил вазирлъун. Гьезулги умумузул цояв вукIун вуго Гъазигъумекиса МухIамадханил вас. Ханлъиялдаса ватIа гьавурав гьес 1683 соналъ ГьоцIалъ чIей гьабун буго. Амма гьелъул хIакъикъат чIезабун гьечIо.
Жалго гьоцIдерица бицухъейин абуни, Гьолокь чIей гьабун буго Сугъралъа Сатрал МухIамадил васал Чупаницагун Гунашица. БагIарараб бакIги букIун, Чупан ГьоцIалъе вахъун вуго, Гунаш Гьоноде ун вуго. Гьев Чупанил наслуялъул чилъун рикIкIуна ГIалискандиги. Руго гьединго тарихчи Тимур Айтберовас ритIараллъун рикIкIунел баяналги. Гьезда рекъон, ГIалисканди вукIун вуго нуцаллъун вахъине къеркьолаго 1729/30 соналда КIахъ росдада аскIов чIварав, Турурав абулеб тухумалдаса МухIамадил вас.
ГIалискандил инсул рукIун руго гьакьадерил магъилъа бахъарал Могьохъ росдаде щвезегIан ракьал. ГIалиханил вукIун вуго ункъо вас: ГIалисканди, Турурав, Хъазанап, ИмангIали. Бищун кIудияв – ГIалисканди – гьавун вуго гIага-шагарго 1767 соналда. Гьесул йикIун йиго ункъо чIужуги – ГьоцIалъа ПатIиматги Жанаги, Ираналдаса Хъатайги, Дагъистаналъул кIиабилев имам ХIамзатил эбел ПатIиматги. Гьей ПатIимат кколаан XVII гIасруялда Нуцаллъиялдаса батIа тIураб тухумалдаса Хъарагишил МухIамадил яс. Хъатайица гьавурав лъабго вас вукIана ГIалискандил – Мурадбег, Амирчупан ва МухIамад.
ГIалискандил хIакъалъулъ гIезегIан биценал руго ГьоцIалъ. Гьев вукIана чIурканаб лага-черхалъул, къамартIав чи. Кьвагьдезе, кIанцIизе, гамачI рехизе, чода гьунарал гьаризе гьесулъе вахарав чи вукIинчIин абула. МагIарул гуребги, персазулгун гIараб ва дарги мацIалги лъалел рукIун руго. Кив вукIаниги – хурив-ахикь, рокъов, яги годекIанив батIалъи гьечIого – кIудияв яги гьитIинав чи аскIове щведал. гьев кидаго тIаде вахъунаанила. Щай дуца гьедин гьабулебин гьикъидал, гьес жаваб кьун бугила гьедин гьабичIони, жив вачIиндалги рахъунарин гъол тIаде. Лъималгун цадахъ ГIалискандица ахикь хIалтIабиги гьарулел рукIун руго. Цо нухалда нуцалзаби рачIиндал, гьединго лъималгун цадахъ ахикь ватун вуго гьезда гьев. Гьелда доз гьабураб гIажаиблъи бихьидал, ГIалискандица бичIчIизабун буго захIматалде ругьун гьаричIони, буголъиялъул къимат гьабизе лъаларин лъималазда. Гьесул лъималазул бищун машгьуравлъун ккана Дагъистаналъул кIиабилев имам ХIамзат. Гьев гьавуна 1789 соналда. Лъабго сон барав ХIамзатги вачун ПатIимат кIалбиччанкъоялъ Хунзахъе инсул хабаде яхине ун йикIуна. КIахъе щваралго, чIолорхъжоги тIун чу тIурула, ПатIиматги гъоркье рехун. Гьеб мехалда гьелъухъа бажарула ХIамзат биццатаб гIазуца бацараб гохIде рехизе. Гьедин гьев чIаго хутIула. Амма ПатIимат хола. Гьей Хунзахъ жиндирго инсуда аскIой юкъула. Жиндир васгIаги чIаго хутIаралъухъ Аллагьасе реццги гьабун, ГIалискандица гьеб авлахъ мажгиталъе вакъфуялъе бахъула (хадуб гьениб гьоцIдерил школа бала).
ГIагараб росулъ цIалун хадув ХIамзат ГьаракIуниса СагIидида цеве цIалула. 1798 – 1802 соназда гьенир (ГьаракIунир) цIалана Дагъистаналъул лъабавго имам – ГъазимухIамадги, ХIамзатги, Шамильги. Гьениб гьезул гьудулъиги ккола. Гьелдаса хадув 12 сон барав ХIамзат цIализе ЧIохъе, МухIамад абулев гIалимчиясухъе витIула. Гьенив гьев цIалула 12 соналъ, эмен захIматго унун вугилан хабар щвезегIан. Гьедин рокъове тIадвуссарав ХIамзатида эмен хун ватула. ГIалисканди хола 1814 соналда.



Автор: Маркъо ШагIбанов

Опубликовал(а): nkaa, 4-07-2013, 11:23. Просмотров: 3394
( Всего голосов: 2 )
0
Уважаемый посетитель, в данный момент Вы зашли на этот сайт как незарегистрированный пользователь. Мы рекомендуем Вам зарегистрироваться либо войти на сайт под своим именем.

Онлайн перевод

аварских слов на русский

и иностранные языки и обратно

Панель управления
авторизироваться через:



Последние комментарии
    Нет комментариев


Оцените работу сайта

Лучший из новостных
Неплохой сайт
Устраивает ... но ...
Встречал и получше
Совсем не понравился