Какил гIуж МахIачхъалаялда жакъад:  |  |
Главная » Культура » МАГIАРУЛ МАЦIАЛДА «ДЕРБЕНД-НАМЕ»

МАГIАРУЛ МАЦIАЛДА «ДЕРБЕНД-НАМЕ»

 

МАГIАРУЛ МАЦIАЛДА «ДЕРБЕНД-НАМЕ»ЦеберагIи

Ахираб заманалда гIалимзабаз цIакъго кIудияб кIвар кьолеб буго нилъер рухIияб бечелъиялъул цIех-рех гьабиялде. Хасго хIаракат бахъулеб буго Дагъистаналъул тарихалда, гIадатазда, умумузул гIумру-яшавалда хурхарал, квералъ хъван гьез нахъе тарал хъвай-хъвагIаязул цIех-рех гьабизе. Гьелдаго цадахъ тIадчIун бицунеб буго имамзабазулги Кавказалъул рагъазул тарихиял хIужабазулги. Гьеб бицине рекъарабги мустахIикъабги буго, щайгурелъул Кавказалъул халкъазда бихьана гIемераб гIакъубаги, ракъиги, къварилъиги. Гьединго бицунеб бугоКавказалъул рагъазда цебесеб ва хадусеб заманаялъул хIакъалъулъги. Амма къанагIат гурони рехсолеб гьечIо нилъер цIакъго цебесеб тарих. Хасго мукъсанал баянал руго бусурман дин тIибитIизегIан Дагъистаналдаги магIаруллъиялдаги букIараб ахIвал-хIалалъулги гьеб заманалъулгIадамазул гIумру-яшавалъулги хIакъалъулъ.

Нилъеда лъала,хIуригат бахъизегIан Дагъистаналъул кинабниги тарих гIараб хъвай-хъвагIаялъул кьучIалда букIараблъи. Гьеб тарих нилъеда лъазе рес гьечIо гIараб хъвай-хъвагIаялдасан гурони. Гьединлъидал нилъ раккизе ккола гIараб, ялъуни гIажам тIахьазде.

Инкъилаб ккезегIан, ДагъистаналдакинабгIагимаданият, хъвай-хъвагIай букIинчIилан чIезабизе хIаракат бахъулел чагIи гIемер рукIана магIарулаздаги цогидал миллатаздаги гьоркьор. Гьелде тIадеги, гьез дагъистаниял, хасго магIарулал, рихьизарулел рукIана жагьилчагIи рукIарал гIадин. Гьединаб маданиятги, хъвай-хъвагIайги, гIалимзабиги рукIинчIел ратани, кисаха бачIараб жакъа нилъеда бихьулебги батулебги бугеб, рикIкIунги цIалунги хIал кIолареб рухIияб бечелъи? Къудукьа Мусал МухIамад, ГIободаса ШагIбан-къади, ГIаймакиса Абубакар, ГьаракIуниса СагIид, Хунзахъа Дибир-къади ва цогидалги гIалимзаби гьечIищмагIарул бечедаб маданияталъе нугIзаллъун.

ГьанжелъегIан нилъер гIалимзабаз гьарурал гIелмиял цIех-рехазул хIасилалда рекъон, жакъа тIолго дунялалда лъала дагъистаниязул гъваридаб гIелмуялъул ва бечедаб рухIияб адабияталъул ирс. Дагъистаналъул ГIелмияб централъул Тарихалъул, археологиялъул ва этнографиялъул институталда бугеб Квералъ хъварал асаразул фондалда цIунун ругел хIалтIабаздасан бихьулеб буго, Дагъистаналъул гIалимзаби гIицIго диналъул хIаракатчагIи рукIинчIеллъи. Гьел рукIана диналъул церехъабилъунги, шагIирзабилъунги, тарихчагIилъунгиги. Гьеб кинабго цадахъ бачинеги бажарулеб букIана гьезухъа. Гьеб гуребги, хадуб гьел гIалимзабаз цохIо гIараб мацIалда гурелги,жидерго рахьдал мацIаздаги хъвалел рукIана тарихиял асарал, кучIдул, харбал ва гь.ц.

ГIараб алфавитги кьочIое босун, магIарул гьаркьазе данде кколедухъ тIоцебе алфавитгIуцIана, машгьурав гIалимчи Харахьиса ТIайгибца. Гьанибги бокьарав чиясул суал бачIине бегьула, гIарабалъ хъвачIого щай гьез магIарулалъ хъвалеб букIарабилан. Щайгурелъул, гIараб мацIалда цIализеги хъвазеги лъалел чагIи Дагъистаналда, хасго магIарухъ, гIемер рукIинчIо. ГIараб цIализеги, гьеб бичIчIизеги къваригIунеббукIана батIи-батIиял гIалимзабахъе, росабалъа росабалъе хьвадунгIемерал соназул цIали. Доб захIматаб заманалда киназулго рес букIинчIо гIелму тIалаб гьабун росабалъа росабалъе хьвадизе. Киназго бекьизе кколаан хур, хьихьизе кколаан боцIи – хIаракат бахъулаан хъизан бакъичIого букIине. Халкъалда динги лъазе, гьелъул аслуги битIун бичIчIизе ургъараб букIана гIажам хъвай-хъвагIай. Къуръан цIализе лъалев чиясухъа бажарулеб букIана гIажамалъ хъвараб жо цIализеги.

Ахирияб анцIго соналде щвезегIан, гIажамалъ хъварал асаразде кIудияб кIварго кьолеб букIинчIо. ТIоцебе гьезде кIвар буссинабурав чи вугин абизе бегьула, мунагьал чураяв ГIободаса Сиражудин ХIайбуллаев. Гьес дандеги гьарун, гIажам хъва-хъвагIаялдаса кирилицаялдеги рачун, къватIире риччана рикIкIен гIемералгьединал мажмугIал. Хасго кIудияб кIвар гьес кьолеб букIана литературиял асаразде. Амма тарихиял тIахьал гьединаб къагIидаялъ къватIире риччалев чи къанагIат гурони вукIинчIо.ЦIакъго къанагIат гурони гьечIогьел жакъа къоялдаги.

Гьединал тарихияласараздаса цояблъун ккола «Дербент-наме», яги гьелъул бетIералда хъвараб «Дагъистан гIарабаз бахъиялъул тарихалъул тIехь» –كتاب تواريخ فتح الداغستان . Гьеб буго къокъгьабун гIарабалдаса магIарул мацIалде буссинабураб тарихияб асар.

XVIII-абилеб гIасруялдаса байбихьун, гIараб мацIалда гьеб тарих хъварав чи щивали чIезавизе хIаракат бахъулеб букIана гIемерал гIалимзабаз. ЦIикIкIарасел гIалимзабазул пикруялда рекъон, «Дербент-наме» хъварав чилъун рикIкIунев вуго, гьанжесеб Хасавюрт районалъул Эндирей росулъа МухIаммад Аваби Ахъташи абурав гIалимчи. Гьелъул хIакъалъулъ бицунеб буго 1727 соналда, машгьурав гIалимчи Ф.З. Байерица «Дербенталъул буцур» абураб макъалаялдаги. Гьединго гьелъул хIакъалъулъ хъвалеб буго Г.-Ю. Клапротицаги. Гьел кIиялго тарихчагIазулмакъалабазда рехсолел хIужаби тасдикъ гьарулел руго Дагъистаналъул машгьурав гIалимчи ГI.М. ГIалиханов-Аварскиясги. Гьесги гIараб мацIалда гьеб тарихияб асар хъварав чилъун чIезавулев вуго дов тIадехун рехсарав МухIаммад Аваби Ахъташи абурав гIалимчи.

ТIоцебе магIарул мацIалда хъварабгьаб тарихияб асаралъул хIакъалъулъбиценбатулаГIамри ШихсагIидовасги,Тимур Айтберовасги, ХIасан Оразаевасги данде гьабураб «Дагъистаналъул тарихиял хъвай-хъвагIаял» абураб тIехьалда[1]. Т.Айтберовас гьениб хъвалеб буго, гьеб тарихияб асаралъул магIарул таржама ГьаракIуниса НурмухIамадил МухIамадил китабханаялда бугилан. ЦохIо гьеб тарих гуребги, гьеб мажмугIалда жанир рукIин рихьизарулел руго цоги батIи-батIиял тарихиялги,хундерилги гъази-гъумекдерилги ханзабазул насаб чIезабиялъул хIакъалъулъги хъвай-хъвагIаялги. Гьелдахурхун цо гьитIинаб баянгикьезин.

XX-абилеб гIасруялъул 80-абилел соназда, мунагьал чураяв ГьаракIуниса НурмухIамадил МухIамадица гьеб мажмугI бачIун буго живго хIалтIулеб Тарихалъул,мацIазул ва адабияталъул институталде босун. Гьелдаса жидеего суратал рахъун фотокопиялгьарунруго Тимур Айтберовасги ГIамирхан ГIисаевасги. 2011 соналъ, дица магIарул мацIалда хъварал тарихиял хъвай-хъвагIаязул цIех-рех гьабулеб бугин бициндал, ГI. ГIисаевас дихъе росун рачIана цо гьитIинабго чIегIераб кагътилъ жемарал суратал. Гьел ругоан доб мехалъ, гьадаб мажмугIалдаса рахъарал «Дербент намеялъул» суратал. Гьеб мажмугIалда бугеб колофон[2] цIалидал, дун цIакъ вохана. Гьеб хъварав чи вугоан дирго кIудияв инсулги кIудияв эмен, кIиябго ХIарамалъул хIажи ЗанатIа росулъа (гьанжесеб Шамил район)Думаласул вас ГIабдурахIман. ГIабдурахIман-хIажица гьеб мажмугI сайгъат гьабун хъван буго: «Къурайшиязул тухумалъул чи, жиндир кьибилги нилъер Аварагасул инсул вацасдасан бугев ГIалихъилич Чупановасе»– абун. Гьеб тарихияб хъвай-хъвагIаялъул мажмугIалъул тIамчазул халалъи буго 17см., гIеблъи–11см. Кинабниги буго 34 сурат(тIамач). Хъван буго берцинаб Дагъистаналъул «насх» хатIалъ, бечедаб магIарул мацIалъ, хундерил диалекталда.Гьеб тарихияб асаралдацин гIараб мацIалда кьолеб буго цо-кIиго рагIи, гьелдаго хадуб таржамаги гьабулеб буго магIарул мацIалде. ГIараб рагIаби гъоркьан хIучч цIан ратIа гьарун руго. Гьеб мажмугI хъвараб кагъатги буго Россиялъул фабрикаялъ къватIибе биччараб. Цойги, гьеб «Дербент-наме» асаралъул тIоцебесеб гьумералда буго, хIалица гурони цIализеги бажарулареб, магIарул мацIалда хъвараб цоги гьадинаб хъвай-хъвагIайги: «МухIаммад гьавуна, Шамхаласул вас, тарих гьадин бугеб заманаялъ– мухIаррам моцIалъул къоло микьабилеб итни къоялъ радал, бакъ баккулеб мехалъ – 1304сон».Гьеб кколеб буго 1886 соналъул 26 ноябрь. Гьениб, кинав Шамхаласул вас МухIамадил бицунеб бугебали якъинго бихьизабулеб гьечIо. Гьаб асаралда, тарихиял хIужабазде данде кколарел бакIал, гъалатIал ратизеги рес буго. Гьединал гIунгутIаби ратаниги нижеца цо хIарп хисизабичIого, тIадежураял гьаричIого, бугеб къагIидаялъ кьолеб буго къватIибе.

ГIабдурахIман-хIажиясул гIумруялъул хIакъалъулъ цIакъго мукъсанал гурони баянал гьечIо. Гьев гьавун вуго гьанжесеб Шамил районалъул ЗанатIа росулъ 1834-абилеб соналъ. ТIоцебе гьев цIализавун, гIелмуялде гьуинлъи бижизабун буго жиндирго эмен Думалас. Гьев Думалавги, бицанихъе, вукIун вуго магIаруллъиялдаго цIар рагIарав тохтур ва гIалимчи. Гьесдаса хадув ГIабдурахIман-хIажи кив ва лъида цеве цIаларавалиги лъазе кIвечIо.Живго ГIабдурахIман-хIажи вукIун вуго жиндир заманалда бергьарав гIалимчи. Гьесул китабханаялда букIун буго лъабнусгоялдасаги цIикIкIун гIараб тIехь. ЦIикIкIарасеб къадар тIахьазул рухIун руго, Килалъ абураб колода вукIарав гIалимчи ХIамзал МухIумихъе цIализе кьун рукIарал, гьесул ригьалда цIа ккеялъул хIасилалда.РухIичIого хутIараздаса лъебергоялдасаги цIикIкIун тIехь жакъаги буго гьесул ирсилаз нахъе цIунун.Гьезда гьоркьор руго цо-цо басмаялда кьабун рахъарал тIахьалги, амма цIикIкIарасеб къадар жиндирго квералъ хъварал руго. Гьенир руго Къуръанал, тафсирал, хIадисал ва фикъгьиялъул тIахьал. МагIарул мацIалда хъвараб цо макьаби къотIулеб тIехьги буго гьезда гьоркьоб.

КIудияв инсуца бицунаан, ГIабдурахIман-хIажи вукIун вугин Хунзахъ вукIарав наиб Гьонодаса ГIалихъиличил[3] лъимал цIализарулев.Гьелъухъ, ГIалихъиличица гьесие щибаб къоялъ цо-цо гIиялъажоги кьолеб букIун бугилан. Бицен букIин гурони, цоги батIияб хIужаги букIинчIо гьеб мухIкан гьабулеб. Гьаб тарихияб асаралъулколофоналъул баяналда рекъон гьедин букIараблъи гьанже ракIчIун, чIванкъотIун абизеги рес кьолеб буго.

Хунзахъа ун хадув ГIабдурахIман-хIажи хIалтIун вуго Бунахъск районалъул ТIаса Жунгут росдал къадилъунги. Гьесул рукIана лъабго лъимал – кIиго васги (МухIума, Жамалудин) цо ясги–ПатIина. АнцIго соналдаса, херав ГIабдурахIман-хIажи нахъвуссун вуго гьанжесеб Шамил районалъул Гъоркьа Бакълъухъ росулъе. Гьений ригьнада йикIанагьесул яс ПатIина, хвезегIан гьелъул бербалагьиялда кьоркьги вукIана. 1908-абилеб соналъ гьениб Аллагьасул къадарги щун, ГIабдурахIман-хIажи вукъун вуго ГохIтIахабалалъ абураб бакIалда.

Гъоркьехун рехсараб тарихияб асар чанабилеб соналъ хъварабали бицараб бакIги батичIо. Дир хIисабалда, гьеб букIине ккола, гIага-шагарго, XIX-абилеб гIасруялъул 70-80-абилел соназда.

Гьес нахъе тарал цо-цо тIахьазул колофоназул баяназда бихьизабухъе, гьев гочинавун Саратов губерниялъул «Малый Дагъистан» абураб росулъе витIун вукIун вуго. Сундуе гIоло ва кинаб гIайиб ккун витIун вукIаравали бицунеб бакIги гьечIо. Дир хIисабалда, 1877 соналъ, къокъаб шагигIаталъул заманалъ, гьес гIахьаллъи гьабун батизе буго гьеб багъа-бачариялда. Гьелъул хIасилалда, гIемерал дагъистаниялгун цадахъ ГIабдуррахIман-хIажиявги витIун вукIине ккола Саратов губерниялъул «Малый Дагъистан» абулеб росулъе.

Гьанже нилъ нахърусина «Дербент-наме» абураб тарихияб асаралде.Щиб ва сундул хIакъалъулъ гьениб бицен гьабулеб бугебали къокъабго баян кьезин:

1. ТIоцебе байбихьулеб буго, сасанидазул шагь Къавад тIоцевесесулги, Хосров тIоцевесев Ануширванилги хазаразул хакъанилгун букIараб гьоркьоблъиялъул хIакъалъулъ баяналдаса.

2. Сасанидаз Дагъистаналда ралел рукIарал буцуразул баян; гьез яшав гьабулеб букIараб бакI; Азербайджданалъулги Шималияб Кавказалъулги шагьаразде батIи-батIиял халкъаз гьижра гьабиялъул баян.

3. Салманги РабигIги Дербенталде рачIин; гьез гьабураб рагъалъул хIакъалъулъ биценал; цIар рагIарал бусурбабазул церехъаби Дагъистаналда чIваялъул баян.

4. Муслим Дербенталде вачIин 64/683-84сс.; гьез Дербент шагьар сверун кквей; Дербенталъул буцур бихизаби.

5. Муслим кIиабизе Дербенталде вачIиналъул баян.

6.ГIарабазул цевехъан ГIабдулгIазизица гьарурал рагъазул хIакъалъулъ.

7. ЖаррахIил вас Абу ГIубайдил Дагъистаналде чабхъен 103/721-22сс.; ЖаррахIил аскаралдаги хазаразул цевехъан Пашанекил аскаралдаги гьоркьор ккарал рагъал; Анжи хъалаялда ккарал рагъазул баян.

9. ГIабдулмаликил вас Абумуслимил Дербенталде чабхъен 115/733-34сс.; Дербент шагьар анкьго бутIаялде бикьи; Дербенталда цIиял мажгитал, каваби ва цогидал къадал рай; Гъумукъ бахъи ва гьенив тIоцевесев бусурманав бетIер – Шагьбал тей; Хайдакъалдеги Табасараналдеги гьарурал чабхъенал, гьенир бетIерлъдаХIамзаги Масумги тей; Шагьбал ханасулги, Дербенталъул бетIерасулги нухмалъиялда гъорлъе унел ракьазул бицен; цIиял тарал бутIрузе бачIунеб букIараб хараж-магъалоялъул баян.

ХIурматиял магIарулал!

Гьаниб гъоркьехун нижеца кьолеб буго магIарул мацIалда тIоцебесеб «Дербент-наме» абураб тарихияб асар. ГIицIго цохIо тарихияб асаркьун гуребги нижеца хIаракат бахъана гьенир гъорлъ ругел ричIчIуларел рагIабазе баянал кьезеги бицен гьабулел хIужабазул бицунел тарихиял асарал рехсезеги. Амма гьел гIелмиял тIахьазул цIарал кьуна къокъ гьарун, гьезул тIурарал цIарал нужеда ратила ахиралда кьураб тарихиял асаразул ва гIелиял тIахьазул сияхIалда. КIудияб гьариги, божиги буго гьанир ратарал гъалатIаздаса цIалдолел тIаса лъугьинин. Ратарал гъалатIалги ва цогидал гIоларел бакIалги ритIизарун, дихъе ритIизеги бегьула гьаб адресалда: mmd77777@mail.ru .

Китабу таварих фатхI ад-Дагъистан

Бисмиллагьи ррахIмани ррахIими

Щибаб рец Аллагьасе буго тIолабго гIалам жинца бижарав.

Хадуб салат салам лъейги хирияв МухIамад (с.т.гI.в) аварагасда, гьесул агьлуялда ва асхIабзабазда.

Гьелда хадуб.

Гьаб буго Дербенд шагьаралъул аслуялъулги Дагъистан вилаяталъул агьлабазулги баян жиндилъ бугеб тIехь.

ТIоцебе нилъеца баян гьабила Къубад-шагьасулги[4] Хакъан-шагьасулги[5]ахIвалал. Къубад-шагь Дербендалда чIола. Хакъан Идил[6] абураб шагьаралда чIола. Дербендалъулги цогияб гIажамиязулги[7] хан Къубад-шагь вукIана. Эвги Абу Ануширван[8] абулев чи вуго. Хазаразул, турказул, москавуялъул тахулаталъул[9], киналго гIурусазул хан Хакъан-шагь вукIана. Эв кIиявго вагъулев вукIана, цинги кIиясдаго гьоркьоб маслигIат гьабун рекъел ккана. Къубадица Хакъанил ясги ячана[10]. Цинги Къубадица Хакъанихъе чи витIана, дие бокьун бугин нилъеда гьоркьоб цо сангар гьабизеабун. Хакъанги элда разилъана. Эс сангар гьабиялъе сабаб эсда тарихалъул тIахьада бихьана[11](гь. 1). Искандарида[12] Жибрилас[13] абунилан абуна «Гьаб бакI баркат бугеб бакI буго. Дуца гьаниб буцур гьабейилан», - абун. Зулкъарнайицаги эб буцур гьабунила, гьанже тIаде ракь ун бахчун бугила. Гьемехалъ Къубад-шагьас, миччирги нахъе хъван эб буцур загьир гьабуна. Элъул хун батараб бакIги къачIана. Гьеб соналъ азарго чиги гьенив жанив вукIун, нусазарго чиясдаги гьеб шагьар бахъизе кIолареб куцалда Табасаралъул[14] рахъалдехун рагьабиги лъуна. Элда сверунги къиблаялъул рахъалъ сангарги гьабуна анкьго моцIалъ[15]. Гьеб кинабго буцур лъугIараб мехалъ Къубад божана жиндие Хакъанил рахъалдаса зарар гьечIолъиялда. Хазаразул капурзабада[16], эл гурездаги Эрмениязул[17], Азербайджаназул[18], Ширваналъул вилаятазезарар гьабизе кIвечIо.

Гьемехалъ, Къубадица Хакъанил яс, аскIовцин вегичIого нахъе йитIана. Элдасан лъимер лъугьун жиндирго ханлъи жубачIого букIине.

Дербенд шагьаралъул кIиго рагьу букIана цIакъаб, щулатаб.Жиб кIиялдасанго рагъ гьабизе кIолареб хIалалъ [къараб](гь. 2). Эб рагьдухъ вукIана кIиго хъаравул. Эб шагьар шулат гьабун хадубКъубад ана Шеки абураб вилаяталде[19] ва ГIиракъалдеги[20]. Хакъан ана жиндирго вилаяталде Дешти шагьаралде ва Къибчахалде[21], ва Таргъуялде[22], ва Анжиялде[23], ва Андириялде[24], ва Игьраналде[25], ва Гелбахъалде[26], ва Гичи Маджиралде, ва Уллу Маджиралде[27](Маджар), ва Къизларалде. Татаразул шагьраби [шагьарал] Хакъанида кодо рукIана.

Эзул кIудияв чIола Игьраналда. Татаразул шагьар[28] чIунтун хадуб дол татарал ана Гъирим[29] абураб вилаяталде. Гьениб букIана пахьул магIдан, Андирий шагьаралдаги Игьраналдаги[30]. Меседил магIдан букIана Терек шагьаралда. Эб кIиябго магIдан букIана Хакъанида кодоб. Хакъаница Игьраналъул хIакимасе кьуна гьал магIданазул ихтияр кверщел[31](гь.3).

Парисазул[32] вилаяталда ханлъун вугев чиясул гIадат букIана, жинца цIи гьабулеб Дербендалъул буцур. Ануширван (эвги Къубадил вас вуго) жиндир тахида чIун хадуб, жинца рана Дербендалъул вилаяталда гIемерал хъулби, Румазул[33] вилаяталде щвезегIан. Гьединго цIи гьабуна Дербендалъул буцур Ануширванида цебе цо чияс, жинда цIар абулев Багьрам К(Г)авуз Угъли шагь абун[34].

Ануширваница бачIана парисазул вилаяталдасан гIемераб халкъ. Жинцаги рана гIемерал росаби. Гьагъаб вилаяталда жинца бана тIоцебесеб Алпун абулеб шагьар. Цинги бана лъабнусиялда лъабкъого шагьар Дербендалде щвезегIан[35]. Гьагъадинго бана Алпун (Алпан)[36] абулеб шагьарги, гьалда цебе(гь.4) [вукIарав] чияс. Жинда цIар абулев Асгъандияр-шагь абун. Ануширван вукIана энив Алпуналда чIолев. Ануширваница бана, жиндир эмен Къубадил изнуялдалъун цо шагьар, жиндаабулеб Шагьбарам[37] абун. Нахъеги бана шагьар Каркар[38] абулеб. Нахъеги бана Абад[39] абулеб шагьар. Нахъеги Маскуралъул[40] ракьалда Касир абулеб шагьар, жинца энибги чIезе гьабуна гIемераб халкъ. Нахъеги бана шагьар Сун(Сул)[41] абун цIар бугеб. Жинца энибги гьабуна халатаб буцур. Нахъеги жинца рана кинабго бакIалда шагьрабиАгьраналде щвезегIан. Доб Агьран букIана Гелбахъазул хан чIолеб бакI.

Нахъеги бана Самандар (Семендер)[42], элда цIар Таргъу[43] буго. Нахъеги бана (гь.5) Анжи хъала. Эсие пайда гьал шагьарал раялдасан – Дербенд цIуни буго хазаразул капурзабаздасан. Нахъеги бана Гъумекдерил шагьраби[44]. Энивги чIезе гьавуна хIаким жиндирго рукъалъул агьлуялдаса. Алпун шагьаралда гьоркьобги Гелбахъалда гьоркьобги букIана анкьго икълим[45].

Ануширваница гьал шагьраби мухIкан гьарун тун нахъа, живги жиндирго гIадлуялда вугеб мехалъ, авараг (с.т.гI.в) гьавуна. Исламалъул нурги тIибитIана. Кисра[46] -Парисги гьалаглъана, эзул ханлъиги ана. Хазаразул капурзабиги рахъине гьаруна жудор ракьалдаса[47]. Ислам бергьана аварагасул тарих букIун хадуб кIикъого соналъ[48](гь.6).

Киналго асхIабзабаца къасд гьабуна рахъине Дербендалде гъазаваталъ хазаразул капурзабигун, щай абуни жал рукIиналъе гIоло, дол асхIабзаби, жудода рагIун аварагасдасан: «Дербенд баракат бугеб бакI буго. Щив вугониги жинца гъазават гьабун элъулъ, эсул мунагьал чурилинабун», - аврагасул хIадис. Кинниги эзул иттипакъ[49] ккана Салман витIизе ва РабигIги витIизе[50]. Гъов кIиявгоги вахъана[къватIиве]ункъазарго чигун цадахъ гIарабиязул бахIарзадасан. Эв кIиявгоги чIана Дербендалда. Гьемехалъ Хакъанида рагIана эв кIиявго энире рачIин. Эв Хакъан вахъана[къватIиве]лъабнусазарго чигун цадахъ. Эвги чIана Дербендалда гIагарда, вагъизе къасдалда. Жудоца чадралги чIвана(гь.7).

Дов Хакъан вукIана, жинда рагIун дозулрагъ, дозул бахIарчилъиги. Досул рекIелъе хIинкъиги ккун букIана. Жинцаги абулеб букIана «дун доздехун вагъилароабун». Жиндие [Хакъание] лъутизе бокьун букIана.Эв нахъе чIвана эб лъутиялдасан жиндир вазирзабаца, ничалдасан хIинкъун. Гъоз абуна: «Нилъ лъутани гъоздаса, нилъ рукIина гIодорегIаналъун халкъалда гьоркьор къиямисеб къо чIезегIан». Хакъаница абуна: «Гьаб халкъ[буго] жудое зарар гьабуларебярагъалъ, жалги къотIуларохвалчабаца. Гьел рачIана гIарабиязул вилаяталдаса гьанире, нилъер вилаяталде, шагьраби[ги] рахъун капурзабадехунги рагъун. Жудоеги щвечIого зарар(гь.8). Гьелъие гIоло дун хIинкъула эздаса».

Капурзабадасан цо чияс абуна «Дица хIал бихьила дозул», -абун. Эв чи ана къаси чIорбутIги босун чIорги босун. Живги чIана вахчун лъеде гIагараб бакIалда. Сордо рогьараб мехалъ цо бусурманчи вачIана гъоб лъетIе. Гъов капирас рехана доб чIор. Жинца гъов бусурманчи чIвана. Жинцаги къотIана гъосул бетIер, живги вуссана Хакъанихъе. Жинцаги лъуна бетIер Хакъанида цебе. Жинцаги абунаХакъанида: «Мун вукIанин доздаса хIинкъун, дуцаги абулеб букIанин гъозие ярагъалъ зарар гьабуларилан, гъолги хвалчаца къотIуларилан. Дицаги чIвана гъоздаса чи.Дица эсул бетIерги къотIана.Эб бетIер босун дун духъеги вачIана», -абун[51]. ГьелтIалъун капурзаби рохана (гь.9), жалги рахъана рагъизе.

Капурзабаца байбихьана рагъизе.Бусургьабацажудоцаги рагъда байбихьана лаила-такбиралдалъун, бакъанил гIуж щвезегIан. Хакъан вуссана жиндир чадрахъе. Бусурбабиги руссана жудорго чIолеб бакIалде. Хакъаница хIисаб гьабуна чан чи чIварав жиндир бодуляли. Къоазарго чи чIван ватана.

КIиабилеб къоялъги жудоца рагъизе байбихьана рогьаралдаса. Гъоз рагъ гьабуна гъалбацIада релъун. Капурзабазул аскар тIаде кIанцIана. Бусурбабиги лъугьана гъозда гъорлъе. Жудоцаги чIвана капурзабадасан гIемерав чи. Азарго капурчиясда вихьараб мехалъ цо бусурбанчи, гьев цо чиясдаса хIинкъун лъутулел рукIунаан. Бусурбаби лъутулароан. Жудоца[бусурбабаз](гь.10) какил гIуж щвараб мехалъ, бащдаб аскаралъ как балаан, бащдаб аскар багъилеб букIунаан. Гьанже как барал рагъулаан, бащдаца как базегIан.

Лъабабилеб къоялъ бусурбабаца кьабуна къалал, зурмабиги пуна.Жудоцаги гьаруна жудор мугъал рохьалде. Капурзабиги чIвана ракь цIезегIан жудор чурхдуца. Гьеб къоялъ анцIазарго капурасда вихьарав мехалъ цо бусурбанчи, гъосдаса лъутулел рукIунаан. Цинги капурзабаца, доб бояца мугъ рехун букIараб рохь бухIана. Бусурбабиги гIажизлъана. Жудоца цоцаде мугъал рехана, жал рагъана маркIачIул мех [щвезегIан](гь.11).

Ункъабилеб къоялъ капурзабаз байбихьана рагъизе. Бусурбабаца чIвана гIемерал капурзаби. Цо бусурманчияс чIвана лъабнусго капир. Гьеб къоялъ шагьидлъана[52] бусурбабадасан гIемерал чи. Капурзабазулги чIвана гьеб къоялъ лъеберазарго чи. Хакъан пашманлъана элда.[53]Щуабилеб къоялъ Хакъаница амру гьабуна гIакIа ахIулев чиясда - ахIеян. Гьез рагъул къалалги кьабуна, зурмабиги пуна. Хакъан жиндирго капурзабазул богун ана бусурбабада тIаде рагъ гьабизе. Рагъул авлахъ, чIварал капурзабазул чурхдуз цIун букIана. Гьезул бутIрулги рортулел рукIана гIурул ханал гIадин. Гьезул биги букIана чвахулеб щвараб их гIадин. Гьеб къоялъ рагъ дагьабги гьалаглъана. Гьеб мехалъ Хакъанида ракIалде ккана лъутизе, амма гьесул чу лъабохиде биччана. Гьеб къоялъ чIваралщинал капурзабазул къадар рикIкIун хIалкIолареб букIана.

Анлъабилеб къоялъ бусурбаби ана капурзабаде жудое бокьун, шагьидлъиялъул хвел.Хакъаница абуна: «Дица гьал бусурбабада тамашалъи гьабула,гьазул къуват кин тIагIунареб. Гьазда рагъизе хIал кин кIолеб?». Хакъаница мугъ бана. Бусурбаби (гь.12) тIаде кIанцIана Хакъанил ботIе. Бусурбабаца рагъ гьабуна капурзабада жудорго цоял цояда рихьулареб куцалъ. Гьеб къоялъ гьалаглъана капурзабазул ункъоялда анцIазарго чи. Салманги шагьидлъана ва РабигIги шагьидлъана кIикъого бусурманчигун цадахъ[54]. МалгIун Хакъан ХIамраялъул[55] рахъалде ун вукIана.

Цинги хабар ана Хакъанихъе бусурбаби чIванилан абун капурзабаца. Хакъан вуссана жиндирго аскаралъухъе. Жинда ватичIо жиндир вазирзабазул цониги чи. Жив пашманлъана. Цинги Дербенд шагьаралда тана лъабазарго чи. Жив,дов Хакъан, ана Анжи шагьаралде (гь.13).

ГIемераб заман ун хадуб, гьал заманабадаса, Валид[56] вукIана ГIабдулмаликил вас Мадинаялда Халипалъун. Жинда рагIана,дов Валидида,аварагасдасан (с.т.гI.в): «Дербенд баркат бугеб бакI буго. Щив чи вугониги жинца гъазават гьабун эниб, Аллагьас эсул мунагьал рахчулиланабун». Цо къоялъ Валидица абунила жиндир вац Муслимида[57]: «Мун айилан Шамалде, дуцаги къачIай кIикъоазарго чи эзул бахIарзабадасан». Жинцаги бицинчIо эл кире унелали. Жив [Муслим] ана эниве.Жинцаги хIадур гьавуна кIикъоазарго чи, киналго ярагъ цIакъал. Жинцаги витIана[Муслимица] дов Валидихъе цо чи, жинца досда бицине (гь.14) бо хIадур гьаби. Жиндихъе витIарав чи щвараб мехалъ, Валидица абуна Асадида Запирил вас: «Мун айилан дир вац Муслимихъе,Шамалда вугев, дуца эсдаги абе жив айилан эб богун цадахъ Дербендалде. Дуца квалквалги гьабе Дербенд бахъизе хазаразул капурзабада кодоса. Дуца бицани гьаб хабар дир вац гурев чиясда, дица дур мацI къотIилиланги абуна». Гьев Асад вачIана Муслимихъе живги кIалъана гъовгун цадахъ. Муслимги разилъана Валидица абураб жоялда. Жив [Валид]вахъана богун цадахъ Дербендалъул рахъалде. Жинцаги амру гьабуна къалал кьабейилан, зурмабиги пуйилан (гь.15).

Эзул нухда букIана кIиго шагьар -Жавлан[58] абун цо ва Лагьжан[59] абун цойги. Гъоб кIиябго бахъана хIалица, гучалтIалъун. Цинги жив вачIана Ширваналде[60] ва Маскуялдеги. Гъоб кIиябгоги бахъана.Жудоцаги чIезе гьавуна гъоб кIиялдаго хIаким.

Цинги жал рачIана Дербендалде. Жалги рештIана шагьаралда сверун. Жудода хIал кIвечIо шагьар бахъизе. Гъоб шагьаралда вукIана лъабазарго чи[61]. Гъоз гъоб [Дербенд] сверун куна, хIал кIвечIо гъоб бахъизе гучалтIалъун. Гъоз къасд гьабуна нахъруссине, тIаде бачIунеб рогьалил гIужалъ.

Гьеб сордоялъ цо чи вачIана[62] Дербендалдасан, балъго, гъосги абуна: «Дица нуж лъугьине гьарила Дербенд шагьаралде (гь.16), дие кьеялъул шартIалда гIемераб боцIи, гъоб бахъун хадуб».

Муслимица къотIи гьабуна гъосулгун цадахъ. Жинцаги къабул гьабуна гъосул рагIи. Жинцаги хIадур гьаруна,Муслимица,жиндир бодул чIахIиял чи, жинцаги абуна: «Щив вугониги, жинца Аллагьасде иман лъолевлъун, эсул кириялдеги хьул лъолевлъун гьав чигун цадахъ Дербендалде лъугьа, эбги бахъейилан». Щивниги чияс жаваб гьабичIо. ГIабдулгIазиз вахъана жиндир кIиявго васгун цадахъ, гъозги абуна: «Ниж лъугьина гьевгун цадахъ Дербендалде, дуца нижее кьунани давла, хумус[63] бахъун хадуб». Муслимица къабул гьабуна эсул рагIи. ГIабдулгIазизицаги хIадур гьаруна аскаралдасан (гь.17) анлъазарго чи, киналгоги ярагъ цIакъал.

Цинги жалгиана гьев чигун цадахъ. Дов чиги ана мугIрул рахъалде. Энисан букIана балъгояб рагьу. Эв чиясги жинца лъугьине гьабуна аскар гьеб рагьудухъан [жанибе]. Капурзабазда лъачIо эл [жанире] лъугьин. Сордо бащалъараб мехалъ бусурбабаца байбихьана рагъде капурзабигун. Капурзабиги хIайранлъана, эзул гIакълоги босана. Дол хъалаялда сверухъ рукIарал бусурбабиги рачIана радакье лаила-такбиралдалъун кIудияб рагьухъе. Жудоцаги чIвана доб рагьу цIунарал капурзаби (гь.18). Киналго бусурбаби лъугьана шагьаралда жанире. Жудоца капурзабиги чIвана. Эзул щивниги чи нахъе течIо. Бусурбабаца данде гьабуна давла цохIо бакIалде. Жудоца хумусги бахъана, нахъе хутIарабги кьуна ГIабдулгIазизида кодобе. ГIабдулгIазизица бикьана гьеб давла жиндирго боде. Жинцаги кьуна дов шагьаралде балъго нух малъизе вачIарав чиясе гIемераб боцIи.

Гъоз[бусурбабаз] мушаввара[64] гьабуна Дербенд чIунтизе гьабиялде. Муслимица абуна: «Нилъеца аскар танани гьаб шагьаралда, капурзабаца эзие къварилъи гьабила. Дида гьеб чIунтизе гьаби лъикI бихьулилан» (гь.19). ГIабдулгIазизица гьаб рагIи къабул гьабичIо. Гъосги [абуна]: «Нилъеца цIуничIони гьаб хъала, капурзабаца энир чIчIезе гьарила гIемерал аскарал. Цинги элги бергьина ирминиядасаги азарбайджанадасаги».

Муслимицаги эсул рагIи къабул гьабичIо. Жинцаги чIунтизе гьабуна эб хъала[65]. ГIабдулгIазизги тана хIакимлъун Ширваназул вилаяталда.

Муслим ана жиндирго богун цадахъ ватIаналде. Жив щун хадуб, дов Муслим, жиндирго ватIаналде, капурзаби рукIана жал рачIунелирминазул вилаяталде ва азербайжаназулги вилаяталдеги. Жудоца гIадамадехун рагъги гьабулеб букIана (гь.20). ЖудоцабоцIиги босулеб букIана, жудоца руччаб-лъималги кколел рукIана. Гьеб хабар щвана Муслимихъе. Дов вачIана кIиабизеги, жинцаги гIунцIана Дербенд хъала. Жинцаги чIчIезе гьабуна энибгIемераб бо бусубабазул[66].Жинцаги рехана ГIабдулгIазиз Ширваназул вилаяталдаса. Жинца эзиеги чIчIезе гьавуна ГIабдуллагьхIакимлъун. Халипалъи хутIана Валидие ичIго соналъ.

ГIемераб заман ун хадубгьал жал ккаралдаса, ГIабдулмаликица витIана ГIубайдуллагь ЖарахIил вас Дербенд шагьаралде, (100-абилеб соналъ), (гь.21) гъазават гьабизе капурзабазулгун.

Хакъанги хун вукIана гьеб заманаялъ. Эзул ханги Хакъанил вас вукIана. Эвги Башанк[67] вуго. ГIубайдуллагь вачIараб мехалъ Ширваналъул вилаяталде, Башанкида рагIана гъов вачIин. Гъов ГIубайдуллагьил къасд букIана капурзабаде гъара гьаби. Гъов ГIубайдуллагьица абуна: «Дун ина гъол капурзабаде тIаде, дица гъоздехун рагъги гьабила». Боцаги къабул гьабуна гъосул рагIи. Сордо бащалъараб мехалъ жинца [ГIубайдуллагьица] данде гьабуна жиндир бо. Къалалги кьабуна, цIаги баккана нухал (гь. 22) гвангъизе. Жалги [щвана] бакIалде Чаба-къабун[68] абун жинда абулеб. Жинцаги битIана жиндир бодул цо багIаз[69] Табасаралде, цо багIаз Хайдакъалде гъара гьабизе. Жинца [ГIабдуллагьица] гъозие хIинкъиги кьуна,жинцаги абуна: «Нуж щвечIони дида аскIоре бакъ баккараб мехалде метер, дица нужое гIазаб гьабичIого теларо, жинца унтизе гьабулеб»[70]. Живго ГIубайдуллагь ана Дирбакъ[71]абулеб шагьаралде. Башанкида лъана ГIубайдуллагь вачIунев вукIин. Башанк-хан вахъана боялгун цадахъ вагъизе. КIиябго бо данде чIвана (гь.23). Зурмабиги пуна, къалалги кьабуна. ГIубайдуллагь рештIана чодаса жинцаги абуна: «Ва, Шамалъул агьло! Нужода ракIалде ккоге, нилъ лъутанигьаб бакIалдаса, нилъ щвелин нилъер ватIаналде. Нилъер ватIанал рикIкIад руго. Аллагьас нилъее ризкъилъун кьуни шагьидлъи, нилъ алжаналде лъугьина. Гьаб дуниялги панаяб[72] жо буго, ялъуни Аллагьас нилъее кьела гIемераб давла». Гьемехалъ, Хайдакъалде битIун букIараб аскар бачIана (гь.24) анцIила кIиазарго чиги ккун, эзул боцIиги хъамун. Гьемехалъ Табасаралде битIун букIараб боги бачIана кIикъоазарго чиги ккун[73]. Давлаби рикьун хадуб, жидер боязе, ГIубайдуллагь ана жиндир богун капурзабада тIаде ва рагъда байбихьана. Васияталги гьарун, жал рагъана цIакъбахъун. Капурзаби лъутана. Гьеб къоялъ гьалаглъана капурзабазул рикIкIун хIал кIоларел чи. Башанк-хан лъутана жиндирго нахъе хутIараб богун цадахъ (гь. 25)Анжи хъалаялде. ГIабдуллагьица бикьун хадубдавла, жиндир боязе, эв ана Самандаралде. Элда цIарги гьанже Таргъу буго. Гъоз рагъ гьабичIо, жудое бокьана маслихIат. Эб [маслихIат] гьабуна.

Цинги ГIабдуллагь ана Анжи хъалаялде. Анжиялъул хIакимас рагъ гьабуна элгун гIемерал къояца. Бусурбабаца чадрал чIвана. Эзда [бусурбабазда] хIал кIвечIо эб (гь. 26) Анжи бахъизе. Жудор квенги дагьлъана.Бусурбабаца къасд гьабуна нахъруссине. Цинги ГIубайдуллагь вахъана,Ибрагьимги вахъана,жив кIиясго абуна: «Ва, бусурбабазул жамагIат! Щив вугониги жинца бичулевлъун жиндир рухI Аллагьасе гIололъун, нижгун вачIайила гьадаб шагьаралде». Гьемехалда, эв кIиясдего данделъана лъеберазарго чи, Аллагьасе гIоло (гь.27). Эл ургъана эб [Анжи] бахъизе хIиллаялъулъ. Эл рекъана жудоцаги гьабиялда анцIила кIиго гьоко[74]. Жудоцаги кьабуна эзда тIад рицатал хъарщал. Жудоца гъол гиризе гьаруна хъаладул рагьудухъе. Шагьарги бахъана гучалдалъун. Эб Анжиялъул хIаким лъутана батIаяб рагьудухъан Нариналде[75]. Жудоца рагъ гьабуна маркIачIул гIуж щвезегIан (гь. 28).

Ислам къабул гьабурав чи боржелалъулъ гьавуна. Ислам къабул гьабичIев чи чIвана. Жудоцаги данде гьабуна эзул боцIи, эзул ккурал чиги. Жудоцаги бикьана гьеб давла боязе. Жудоцаги чIунтизе гьабуна эб Анжи шагьар. Гьаб хIалтIи жиб ккана 114соналъ[76](гь. 29).

БатIаяб буго гьаб дуе.

Абумуслим[77] вачIана, ГIабдулмаликил вас Гьашимил рухсаялдалъун[78] къоло ункъазарго чигун цадахъ. Жинцаги бахъана Дагъистан хвалчатIалъун. Жинцаги чIезе гьабуна эниб гIемераб халкъ[79]. Эздегихъвана харадж[80].Жинцаги цIи гьабуна Дербендалъул буцур[81](гь. 30), живги тIадвусун ана 115соналъ[82].

Абумуслим вачIана ГIабдурахIманил вас жинцаги цIи гьабуна Дербендалъул буцур[83]. Жинцаги бана эниб кIудияб рукъ ярагъ лъезе. Жинцаги бана эниб цойги рукъ жинда «Анбархана» абун абулеб, вилаяталдаса бакIарараб тIорщел [жаниб] лъезе. Жинцаги къачIана Дербенд шагьар. Жинца энибги гьабуна анкьго авал[84].Жинцаги бана (гь. 31)цо-цо масджид. Цо кIудияб масджидги бана эл киназего, жиндилъ рузман балеб.

Гьебмехалъ, дов Абумуслим ана Гъумукъдерил вилаяталде. Жинцаги рагъ гьабуна элгун, ай эзулгун. Эзул ханги чIвана. Иман лъурав чи эзул [тана], иман лъечIев чи - чIвана. Жинцаги бана эниб цо кIудияб маcджид. ГIисинал масджидалги рана авалазда (гь.32). Жинцаги [Абумуслимица] тана хIакимлъун кинабго Дагъистаналъе ГIабдуллагьил вас Шагьбал[85], эвги Къасимил вас, эвги ГIаббасил вас – аврагасул имсул вац вуго эвги. Эв Шагьбал гьавуна хIакимлъун Гуржистаналде щвезегIан. Эсда цIарги Шамхал буго. Элъул магIнаги хан абураб магIна- Шамалъул авалалдаса [бачIараб].

Абумуслимица абуна: «Хайдакъалъул ва Табасараналъул харадж букIинилан Дербендалъул хIакимасе (гь. 33). Цогияб Дагъистаналъул харадж Гьураялъул ва Кураялъул ва Къубаялъул ва Ахтисан ва Цахуралъул ва Гъумукъалдасанва Аваралдасан ва Къарахъан ва Гьидалъан ва Таргъуязул ва Агьраналъул - хIата Гуржистаналде щвезегIан, эб харадж хъвана Шагьбалие». Эв Шагьбалида кодобги гьабуна гьал киналго вилаятазул ихтияр. Дов Абумуслимица абуна: «Хайдакъалъул агьлуялъ квербакъейилан ва Табасараналъул агьлуялъги – Шамхаласе, эсде (гь. 34) вачIани тушман». Жинцаги лъазе гьабуна халкъ жинде хIажалъулеб кинабго жо, жинцаги амру гьабуна киналго умуразулъ.

Аллагьасда лъикI лъала.

Тана.

 

Источники и справочники

1. Beladsori. Liber. – Liberexpugnationisregionum, auctoreImamoAhmedibnJahjaibnDjabiral-Beladsori. Ed. M.J. de Goeje. Lugduni Batavorum, 1866.

2. Ibn al-Fakih. Kitab. – Compendium libri Kitab al-Boldan auctore Ibn al-Fakih al-Hamadhani, 1885 (BGA, 5)

3. Ibn Khordadhbeh. Kitab. - Kitab al-Masalik wal-Mamalik auctore Abul-Kasim Obaidallah ibn Abdallah ibn Khordadhbeh, 1889 (BGA, 6)

4. Ibn Rosteh. Kitab. – kitab al-alak an-nafisa hictore Abu Ali Ahmed ibn Omar ibn Rosteh? 1892 (BGA, 7).

5. Jakubi. Kitab. – Kitab al-boldan auctore Ahmed… ibn Wadhih al-Katib al-Jakubi, 1892 (BGA, 7)

6. Kodama. Kitab. – Kitab al-Kharadj auctore Kodama ibn Djafar, 1889 (BGA, 6).

7. Tabari. Annales, ser.I. – Annales quos scripsit Abu Djafar Mohammed ibn Djarir at-Tabari cun aliis ed. M.J. de Goeje. Ser. I-III. LugduniBatavorun, 1879-1901.

8. Баладзори. Книга. - Баладзори. Книгазавоеваниястран. Текст и пер. с араб. П.К.Жузе. Баку, 1927.

9. Дорн. Известия о хазарах. - Известия о хазарах восточного историка Табари, с отрывками из Гафис-Абру, Ибн-Аазем-Эль-Куфи и др.: Статья академика Дорна. Пер. с нем. А.Тяжелов. – ЖМНП. 1844, ч.43, отд. 2, август, № 7 и 8.

10. Ибн Асам. Книга. – Абу Мухаммад Ахмад ибн Асам ал-Куфи. Книга завоеваний: Извлечение по истории Азербайджана VII-IX вв. Пер. с араб. З.М.Буниятова. Баку, 1981г.

11. Кабардино-русские отношения. - Кабардино-русские отношения

Минорский. История. – Минорский В.Ф. История Ширвана и Дербенда X-XI вв. М., 1963г.

12. Саидов, Шихсаидов. «Дербенд-наме». – Саидов М.-С, Шихсаидов А.Р. «Дербенд-наме»(к вопросу об изучении). – ВИИД.

13. Тарихи Дербенд-наме. - Тарихи Дербенд-наме. Под ред. М.Алиханова-Аварского. Тифлис, 1898г.

14. Чичуров. Византийские сочинения. – Чичуров И.С. Византийские исторические сочинения. Л., 1980.

15. Эвлия Челеби. Книга. - Эвлия Челеби. Книга путешествия (Извлечения из сочинения турецкого путешественника XVII века). Пер. и коммент. М., вып.2, 1979; вып.3, 1983.

16. Якуби. История. - Якуби. История. Текст и пер. с араб. П.К.Жузе. Баку, 1927.

 

Литература

1. Али-заде А. Исламский энциклопедический словарь. М., 2007г.

2. Артамонов. История. – Артамонов М.И. История хазар. Л., 1962г.

3. Бартольд. Дагестан. – Бартольд В.В. Дагестан. Сочинения. Т.3. М., 1965г.

4. Буниятов. Азербайджан. – Буниятов З.М. Азербайджан в VII-IX вв.Баку, 1965г.

5. Волкова. Арабы. – Волкова Н.Г. Арабы на Кавказе. – СЭ. 1983г., № 2.

6. Ган. Путешествие.- Ган К.Ф. Путешестви


Источник: Ас-Сарир
Автор: МаламухIамадил Жамалудин

Опубликовал(а): nkaa, 12-07-2013, 19:24. Просмотров: 5189
( Всего голосов: 4 )
0
Уважаемый посетитель, в данный момент Вы зашли на этот сайт как незарегистрированный пользователь. Мы рекомендуем Вам зарегистрироваться либо войти на сайт под своим именем.

Онлайн перевод

аварских слов на русский

и иностранные языки и обратно

Панель управления
авторизироваться через:



Последние комментарии
    Нет комментариев


Оцените работу сайта

Лучший из новостных
Неплохой сайт
Устраивает ... но ...
Встречал и получше
Совсем не понравился