Какил гIуж МахIачхъалаялда жакъад:  |  |
Главная » Личности » ХЪВАРШИСА ЗАГЪАЛАВ ШАЙИХ

ХЪВАРШИСА ЗАГЪАЛАВ ШАЙИХ

ХЪВАРШИСА ЗАГЪАЛАВ ШАЙИХЗагъаласул эбел-эмен

Дие бокьун буго магIарул газета цIалулезе бицине тIадмагIарулазул гIемер кIудияб гуреб росулъ вахъарав, тIолго Дагъистаналъул халкъалда жиндир цIар машгьурав, гIелмугун гIамал рекъарав КъурбангIалил-Загъалав шайихасул хIакъалъулъ дагьа-макьабго бицине.

Биценалда рекъон, гьесул кIудияв эмен КъурбангIали вачIун вуго гьанжсеб ЛъаратIа районалъул Гьиндиб росулъа Хъваршиве мутагIиллъун. Гьенив цIалулаго чIужу ячине заман щвараб мехалъ гIагарлъиялъ гьесда ригьин гьабизе инсул росулъе тIадвуссаян абулеб букIун буго, амма гьев разилъун гьечIо. Гьенисаго чIужу ячараб къагIида, гьесие кватIичIого гьавун вуго вас, гьесда цIарги лъун буго Загъаян абун.

Хъварши росулъ вукIун вуго жиндир ресги гIадамазда гьоркьоб къимат-къадруги, бугев цо чи. Гьесул йикIун йиго росулъго цIар арай цIакъ берцинай яс. Росдал ругел гIолохъабазул рокьи ккун букIун буго гьей ясалъухъ ва кьеян гьаризе гIемер чагIи рачIунаанила гьелъул инсухъе. Загъаласул инсуцаги ритIун рукIун руго гьей кьеян гьаризе гIадамал. Кьеян гьарун рачIаразда гьес абун буго гуржиялъеги ун давлаги босун вачIарасе кьелилан. Загъаца чабхъен гьабун буго Гуржиялъе ва гьениса давла гуребги цо бечедав чиясул жеги балугълъичIей ясги хъамун йиго. Росулъе тIадвуссарав Загъаца цоги нухалъ ритIун руго гIадамал дой яс гьаризе, гьелъул инсуца жиндирго рагIи ккун буго.

ЧIужу ячун хадуйги, Загьаца дой Гуржиялъа жинцаго хъамун ячIарай яс рокъой хьихьулей йикIун йиго. Гьелъ жиндиего бокьун босула ислам. Берцинаб гIамалалъул, иман бугей яс йикIун йиго гьей. Цо заманалдаса гьелъул эбел-инсуда лъан буго гьей гьений йигеблъи. Гьелъухъ гьез кьолеб букIун буго кколеб мухь ва нахъе ячIаян гьарун буго гьелда. Амма яс разилъуларо, динги лъан гьей гьел гIадамазда гьоркьой ругьунлъун йикIуна.

Балугьлъараб мехалъ Загъаца жиидиего кIиабилей чIужулъул ячуна бусурманлъарай гуржияй. Гьелъ гьесие гьавула вас ва гьесда лъола КъурбангIалиян кIудияв инсул цIар.

Гуржияй эбелалъ какиги чурун гурони Загъаласда керен хахизабелеб букIун гьечIо. Гьединай иман бугей гIадан йикIун йиго гьей.

Халкъалда гьоркьоса дагьал чагIазда гурони лъалароан Загъаласул хIакъикъияб цIар КъурбангIали бугеблъи. ТIолгодагъистаналда гьев машгьурлъун вукIана Загъалавдибир абураб тIокIцIаралдалъун. Загъаласул йикIун йиго кIиго яцги, амма херал чагIазда гьезул цIарал ракIалде щвечIо. Дир мугIалим мунагьал чураяв ГьаракIуниса НурмухIамадил МухIамадхIажиясда лъалеб букIун буго Загъаласул эбелалъул тухумалъул цIар, гьес ракIчIей гьечIого абуна Абашидзе батилин кколин.

 

ГIелмуялде тIоцересел галаби

ТIоцеве Загъалав лъида цеве цIалулев вукIаравали лъаларо. Гьесие цIализе цIакъ захIмалъулсб букIун буго, хадуб гьес хIукму гьабун буго ц|алиги рехун тун инсул рокъове вуссине. Жиндирго гьалмагъзабазе къо-лъикIги гьабун, кигIан гьезие бокьичIониги, гьес Хъварши росулъе сапар бухьун буго. Рокъове вачIунаго, кигIан заман гьес нухда бахъарабали лъаларо, гьев щун вуго Сасикьдерил кьода гIагарлъухъ бугеб "ЗакIикь" абулеб нохъоде ва сордо базе гьенив рештIун вуго.

Гьеб нохъода букIун буго лъим тIинкIулеб бакI. Загъалас гьениб гьитIинабго гвенд гьабун буго. Хадув, гIодов кIусун вукIарав гьев кьижун ккун вуго ва ворчIилалде доб гвенд лъадал цIун батун буго. Гьеб мехалъ гьесда ракIаде ккун буго гьаб гьадигIин дагьго тIинкIулеб лъадал къатIраялъ гIемер заман иналде гвенд цIун бугин, щибаб къоялъ цо-цо рагIи лъазабуни, ункънусгогIанасеб рагIи лъазехъин бугин жиндаги цо соналдасайин абун. Гьеб пикруги ботIролъе бачIун Загъалас нигат гьабун буго нахъвуссине. Гьениса эбел-инсухъеги щвечIого цIализе тIадвуссун вуго. АнцIгогIанасеб соналъги цIалун росулъе вачIараб мехалъ эбелалда лъан гьечIо жиндирго вас ватIа вахъизе.

 

Шамилилгун гьудуллъи ккей

Загъалав цIализавурал киналго гIалимзабазул цIарал нилъеда лъаларо. Амма мухIканго лъала гьев ГъазимухIамадидаги Шамилидаги цадахъ ГьаракIуниса машгьурав гIалимчи ва мударис СагIид-афандихъ "жамигIул жавамигI" цIалулев вукIараблъи. Гьелъул хIакъалъулъ хъван буго Гьигьалъ росулъа Агъвалив вукъун вугев гIалим ХIусайнияв МухIамадица.

ЦIумадисезул херал чагIаз бицуна ГьаракIунир цадахъ цIалулаго Загъаласулгун Шамилил тунка-гIуси камулеб букIун гьечIилан. Щайгурелъул Шамил вукIун вуго сундулго рахъалъ жиндаса бергьине цониги мутагIил виччаларев вас. Загъалав гьесдаса гIемер кIудиявги вукIун вуго. Цо нухалъ Шамилица цадахъ цIалулел мутагIилзабазе кьун буго цо суал, нужеда лъараб мехалъ жиндие жаваб кьеянги абун. Цояс гьебсагIатго абун буго жинда лъалин абун ва битIараб жаваб кьун буго. Цадахъ цIалулезул гьедигIаи лъай гьечIеблъиги гьалев Шамилида бичIчIун буго гьеб жаваб дов мутагIиласда Загъалас бицараблъи. Гьеб бицараб щайилан Загъаласе бадибчIвай гьабун буго Шамилица ва гьесие рахIат толеб букIун гьечIо. Гьесул гъалмагъир чIалгIарав Загъалас хIукму гьабула цIалиги рехун тун, жиндирго гIагараб росулъе вуссине. Мадрасаялда жанире мутагIилзаби руссараб мехалъ, Шамилида Загъалав гьенив вихьун гьечIо. Гьес гьикъун буго гьалмагъзабазда гьев кив вугевилан. Гьез бицун буго гьев вихьичIого гIемер заман бугин абун. Гьеб иш жиндирго мугIалимасда лъалилан намуслъарав Шамилица хIукму гьабула гьесда хадув вахъине. Дида бицухъе, Шамил Загъаласда хадув гъун вуго "ТIалукъоно" магIарда. Гьениб Шамилица абун буго щай мун лъутулеван? Гьесдехунги вуссун Загъалас абун буго: "Шамил дуе Аллагьас кьураб къуваталда дир дагIба гьечIо, дуца щай дие Аллагьас кьураб гIелмуялдехун дагIба базе кколеб?" Гьесухъги гIенеккун, Шамилица гьесие рагIи кьола жакьа къоядаса нахъе вацал гIадин рукIине.

Гьелдаса нахъе гьел цоцазе хиралъизеги хиралъанила.

ГьаракIуниб Загъалас цогидал мутагIилзабаздаса цебе лъугIизабун буго цIали. Цо чанго соналдаса СагIид-афандиясухъ цIали лъугIарав Шамилица абун буго гьанже лъихъе жив цIализе иневин абун. Загъалавдибирасухъ ун лъикIин абун буго СагIид-афандица. Хадув Шамил цIализе гьесухъе анин бицуна.

 

Ригьин гьаби

Загъалас жиндирго росулъ гьабун буго ригьин. Гьес ячуна Узданай абулей яс. Гьезие гьавула вас ва гьесда цIарги лъола ТIалхIат абун. ТIалхIат вукIуна эменго гIадинав гIараб цIаларав гIалимги гIадамазда гьоркьоб рагIи билълъарав чиги. Шамилил рагъазул ва гьелда хадуб лъугьараб восстаниялъул тарих хъварав, бергьарав гIалимчи Ангъидаса Халил-афаядияс хIежалдаса ТIалхIатихъе хъвараб зигараялъул кагътидасан нилъеда лъала гьев ГIанди вилаяталда гIурусаз наиблъун тун вукIин. ТIалхIатил вукIана ичIго вас. Бищун кIудияв ГерейханхIажияв гIемер заманаялъ Болъихъ дибирлъунги вукгIун вуго. ТIалхIатил лъабго вас хIежалде арал чаг1и гьениса нахъ руссунаро. Загъалав шайихасул кIиабилей чIужу йикIана Гьаквариса. Гьелъ гъесие гьаюла яс. Гьелда цIарги ХIава букIана. Загъалас дибирлъи гьабула батIи-батIиял росабалъ: Хъваршиниб, ТIиндиб, Гьигьалъ, КIванкьада Санкьада дивирлъи гьабизе байбихьаралдаса гIадамаз гьесда Загъалавдибирин абулаан.

 

 

Дибирлъи ва мугIалимлъи

ТIиндив дибирлъун хIалтIулаго гьес гьениб рагьула мадрас. Гьеб мадрасалда гьесухъ цIалулел рукIун руго батIи-батIиял росабалъа 150 мутагIил. Гьесул гьелгощинал мутагIилзабазда гьоркьоса бищун цIар аравлъун лъугьана Гьигьалъа ИмаммухIамад. Гьев цIалун лъугIараб мехалъ Загъалас абун буго: "ЦIакъго рекIараб бал бугеб гIаштIи жинца Гьигьалъе битIанин, заманалдасан загьирлъилин гьелъул гьунар",- ян. Гьес абухъего, ИмаммухIамад вахъана кIудияв гIалимчилъун. Ахираб заманалда Аргъваниса Шамхалги гьевги тIамун рукIун руго Шамилил наибзабилъун. Дагъистан гIурусаз кверде босараб мехалъ гьев хIалтIула Болъихъ ва Бакълъухъ участкабазул наиблъун.

ИмаммухIамадица данде гьабуна чанго тIехьги. Рехсон телин гьаниб гьезул цо-кIигоялъул цIар. "Гъараибул гьимян" ва "Кашафул гъумум". Гьев унтараб мехалъ гьесде раккизе рачIунел рукIун руго гIемерал гIадамал. ИмаммухIамадица гIумруялъ данде гьабураб цо тIехь гьесул рокъоса бикъун ун буго гьесулго гIагарав чияс. Гьелдаса нахъе гьев гIакълу хисун лъугьун вуго. Гьигьалъа ХIусайнияв МухIамадица гьеб тIехьалдаса къокъ гьабун бахъараб лъебергогIанасеб гьумер буго дихъ. Гьелда тIад хъван буго гIемер нилъеда лъалареб нилъер магIарул ва чачан халкъалъул рагъазул тарих. Гьелъул хIакъалъулъ мухIканго дица бицина цойги нухалъ. Жакьа къокъ гьабун бицина гьелда жаниб хъван бугеб Шамил Загъалав шайихас тасдикъ гьавиялъул хIакъалъулъ бугеб бицен.

 

Загъалас имам тасдикъ гьави

ЧIиркъатIа росулъ Шамил имамлъун вищула гьенир данделъарал гIемерал гIалимзабаз ва Дагьистаналъул церсхъабаз. Гьелдаса нахъе Шамилица гIурусазулгун цо чанго рагъги гьабула. Иргадулаб данделъи букIуна Харахьиб кIудияб мажгиталда. Гьениб Шамилица гIуцIула Дагьистаналъул вакилзабазул мажлис ва гьездаса Шамилица тIалаб гьабула жиндие тIубараб къагIидаялъ хIукму къотIеян. Гьеб данделъиялда букIараб халкъалъул пикру бикьула. Цояз абула хункарасул изну гьечIого имам вишизе бегьуларин, цогидаз абула къурайшияв тезе кколин имамлъунин. Гьеб мехалъ Шамилица тIадеги вахъун абуна: "Ле, кIудиял гIалимзаби, дида бихьулеб буго гьаб нужер данделъи, щибго хIасил гьечIого лъугIизехъин букIин. Дида лъикIаблъун бихьула, нужецаги къабул гьабуни, гьаб заманаялъул кIудияв мужтагьид Хъваршиса Загъалав ахIизе ва гьесде гьаб нилъер ишги тIамун, гьес гьабураб хIукмуялда нилъги разилъизе. Шамилил рагIиялада киналго тIад рекъола. Шамилица кагъатги хъван Загъаласда хадув чи витIула Харахьиве вачIаян гьарун. Загъалав шайих вачIине вугеблъи лъараб мехалъ, батIи-батIиял росабазул ва миллатазул гIемераб халкъ бакIарула Харахьибе.

КватIичIого вачIарав Загъалав шайихас цевеги вахъун абула: "Ле, кIудиял гIалимзаби, гьеб масъалаялъул аслуялдасанго нуж мекъи ккун руго. Нужер халиф ккун буго нужеца хункарасе къотIи гьабулеб гIадин. Хункарасе гуро гури нужеца къотIи гьабулеб бугеб. Хункарасул кумек щолареб бусурбанаб халкъалъ жидерго тIалаб гьабулев цо бетIер вищизе ккола". Загъалав шайихасул гIадат букIун буго гьакIкIан кIалгун велъулеб. Велъизеги велъун гьес нахъеги абула: "Аллагьас тIадаб гьабун буго лъабго бусурбан чи нухда вугони цояв гьезул бетIерлъун теян. Гьединаб магIнаялда аварагасул (с.т.гI.в.) хIадисги буго. Нилъее киса щвелев къурайшияв имамлъун тезе? Нилъ руго гьаб заманалда нилъедаго гьоркьоса имам тезе тIадал чагIи". Цинги Загъалав шайихас тIадеги вахъун, Шамилил кверги ккун, гьесдехунги вуссун абула: "Гьаб мажлисалда ругел вакилзабазул вакиллъиялдалъун дица мун имамлъун тезе хIукму гьабулеб буго", - ян.

 

Имамасе насихIат

ДугIа-алхIамалдаса хадуб гьес абула: - Я дир вас, Шамил. Дун расниги хIинкъуларо дица дуе къотIараб хIукму мекъи батилин абун. Дун цIакъ цIикIкIун хIинкъулеб жо буго, дур ишалъул ахиралда, дур хIалтIиги гучги лъараб мехалда, дуда хадур аскаралги цIикIкIараб мехалда, мун гьеб киналъго гуккун ккеладай абураб жо. Дида нилъедаса церехун рукIарал гIадамазул лъугьараб къисмат лъала, дунго гьезда гьоркьов вукIараб гIадин. Гьел киналго дуе рехсезе заманги гьечIо, амма дица рехсела дуе питнаби нахъчIвазелъун тIуразе тIадал жал:

-Дуца халкъалда гIазаб - къварилъи бихьизе гьабичIиго букIин цо. Дуца гьезул ишал мун гурезде тIамичIогун рукIин кIиго. ГIалимзабазда дандбан гурони дуца цониги бусурбанчиясул би гIодобе тIунгутIи лъабабго.

Цинги Загъалав шайихас Шамилие бицуна умавиязул халифлъилъул ва ГIабасиязул халифлъиялъул. Умавиязул-зулму цIикIараб мехалъ гIабасияздалъун гьезул зулму тIаса ин. Гьелда гьоркьор ккарал жал: ХIажатилги ибн Зубаирилги лъугьарал жал, халифлъи къваригIун васас эмен чIваялъул, инсуца вас чIваялъул, вазирас живго чIваялъул. Хадуб бицуна Багъдадалъул халифаталъул, татаразул Гьулагуханасул хIакъалъулъ, къарамитIазул пачалихъ лъугьунелъул гьабураб чIвай-хъвеялъул. Гьелда хадуб бицуна Египегалда черкессазул пачалихъ лъугьиналъул, гьезул хIакимзаби Буркъакъидасан Туманбейиде щвезегIан. Цинги рехсола вагьабияталъул питна, фатишидазул пачалихъалъул лъугьарал жал. "Гьеле, дир вас Шамил, жинца зулму гьабурав чи халат хутIуларо, - янги абун Аллагьасде дугIа гьабуна гьес: - БетIергьан, Аллагь, дуца гьасде гIадлу-иизам гIуцIулеб куц илгьам гьабе! Гьасул хвалченалдалъун зулму-пасалъи тIагIинабе! Дуца гьав муъминзабазда тIад бетIерлъун халат гьаве!".

Загъалав шайихас гьеб дугIа гьабулаго Шамил гIодула, имамасул гIодиялъухъе тIолго данделъараб халкъги гIодула.

Гьедин Загъалав шайихас имамлъун тасдикъ гьавула Шамил. КIочон тун вукIана гIемераб мехалъ Шамилил бишун хириявлъун вукIарав мужтагьид. Гьеле гьелъие нугIлъи гьабулел Игьалиса Чупаласул рагIаби:

 "Гьаквариса МикагIил,

 Гьигьала ХIажардибир

 ЛахIтуялда рукъидал

 Кьараб диналъул талихI

 ТIолго жиндир бодаса

 Шамилие рокьуяел

 Кьохъа МуламухIама,

 Хъварщиса КьурбангIали"

 (Загъалав шайих).

Ахиралда бицинин имам Шамилилги Загъалав шайихасулги хвалил хIакъалъулъ гIараб тIахьазда хъван ругел мухъал: "Цо сордоялъ кутакалда зоб багIарлъана, хадуб баянлъана Мадинаялда Шамилги Хъваршив Загъалавги накълулъараллъи..." Загъаласул зияраталда жаниб бугеб зонодаги бихьизабун буго имам Шамил хвараб тарих. Хъваршиб росдал хераз бицанихъе, Загъалав шайих хвараб къоялъул маркIачIул какда цебе къилбаялъул рахъалда бугеб магIардасан баккун "Божи" кIкIалахъ гьесул хур бугеб бакIалда нур речIчIун буго. Гьенив вукъула жамагIаталъ кIудияв шайих. Аллагьас гьесул баракат-шапагIат камун тогеги нилъги.



Автор: ГIисаев Шамхалдибир

Опубликовал(а): nkaa, 17-07-2013, 18:04. Просмотров: 3425
( Всего голосов: 2 )
0
Уважаемый посетитель, в данный момент Вы зашли на этот сайт как незарегистрированный пользователь. Мы рекомендуем Вам зарегистрироваться либо войти на сайт под своим именем.

Онлайн перевод

аварских слов на русский

и иностранные языки и обратно

Панель управления
авторизироваться через:



Последние комментарии
    Нет комментариев


Оцените работу сайта

Лучший из новостных
Неплохой сайт
Устраивает ... но ...
Встречал и получше
Совсем не понравился