Какил гIуж МахIачхъалаялда жакъад:  |  |
Главная » Интервью » Авар адабияталъул тарих ва щал рикIкIинел классикаллъун?

Авар адабияталъул тарих ва щал рикIкIинел классикаллъун?

Авар адабияталъул тарих ва щал рикIкIинел классикаллъун?Авар адабияталъул ва гьелъул жакъа бугеб ахIвал-хIалалъул бицунеб буго "Миллат" газеталъул бетIерав редактор МухIамад БисавгIалиевас.

- МухIамад батIи-батIиял руго пикраби «классик» абураб бичIчIиялда сверухъ нилъер магIарул литератураялда. Дур пикруялда щал гьезда гьоркьорое унел, щал унарел?

- Гьеб суалалъулъ «гаишниклъи» гьаби цIакъ санагIат гьечIеб жо буго, кин бугониги суал бачIун бугелъул дирго пикру загьир гьабила. Бокьани тIад рекъе гьелда, бокьани нахъе чIвай. Адабияталда классиклъун рикIуна жиндирго нухгун, жиндирго хатIгун, жиндирго рагIи абулеб къагIидагун литератураялдеги вачIарав, гъолдаса сверун халкъалъухъе нухги бахъарав, гъозул рекIеда, пикрабазда ханлъи гьабизе кIварав, халкъалъ къабул гьавурав чиясда. Аваразул адабияталъул классикаллъун адабияталъул гIелмуялъ рикIкIуна щуго аваразул шагIир: Инхоса ГIалихIажияв, ЧIанкIа, МахIмуд, ЦIадаса ХIамзат, Расул ХIамзатов. Инхоса ГIалихIажияв магIарул адабияталъе кьучI лъурав чилъун рикIкIуна. Гьесде швезегIан аваразул литератураялда руго халкъиял кIалзул гьунарал, автор лъаларел халкъиял кучIдул. Инхоса ГIалихIажияв вачIана жиндирго хатI, хъвалеб къагIидагун. Алфазал, насихIатал, хвел-хобалде, гIумруялде, битIун хьвадиялде гъваридаб магIнаялъул философияб асаргун, хIатта рокьул кIучIдулцин жиндирго къагIидаялда хъвана гьес. Инхоса ГIалихIажиясул асаралда гъорлъ аваразул литература букIана, гъосул къагIидаялда хъвалебги букIана. Инхоса ГIалихIажиясул асаралда гъоркь аваразул литература бугеб мехалда, адабияталде вачIана  хIикматго пасихIаб мацIги бугев, шагIирлъи аслияб пишалъунги гьабичIев цIияв чи, живго гIалим вукIана. Амма Аллагьас кьураб гIорхолъа борчIараб кIудияб гьунаралъги, пасихIаб мацIалъги гъосда кIвана  аза-азар цIалдолезул рекIеда хъатIизе, шигIру-кечIалъул чIваххи, ахIулеб, цIалулеб къагIида хисизабизе. Гьев чи ккола БакьайгьечIиса ЧIанкIа. ЧIанкIаца бицана батIияб мацI ГIалихIажиясдаса. ГIарабазул, бакъбаккул литератураялда буго «васф» абула, сипатал гьари, цо жо цогидалда дандекквеял. Гьагъаб къагIидаялдалъул байбихьана ЧIанкIаца бакъбаккул, хасго гIараб литератураялъул асар букIана гъосда, гIараб цIаларав чи вукIиналъги батила. ГIалихIажиясдаса релълъинчIеб, батIияб мацI бицун вачIана дов:

Забру варакъулаб, хIежалъул къуръан,

ХIал гьабулеб буго гьанже гьаваялъ

ХIанил жисму бугеб, зобалъул тIавус,

Зулму буго дие гьаб рокьиялъул.

«Жисму» буго гIарабалъ черх абураб рагIи, «хIанил жисму» - хъахIаб, берцинаб черх абураб магIнаялда. БакьайгьечIиса ЧIанкIаца шагIирлъи пишалъун гьабичIо. ГIумруялъул завалалда вугеб мехалда шигIраби хъвайги, дуниял гьабиги щибго гуреб жолъунги бихьун хIежалде арав, нухда сапаралда къадаралде щвана ЧIанкIа. Амма хвел гьечIеллъун хутIана гьесул шигIраби. ЧIанкIал цIар тIалъиялда тIибитIун бугеб мехалда гьесул нухдаса вачIана ХъахIабросулъа МахIмуд. ХахIабросулъа МахIмуд вукIана гъосдасаги кIудияб фантазияги бугев, гъосдасаги пасихIаб мацIги бугев къанагIатаб гьунаралъул чи. Гъос вахъун чIаралъуб, щибниги ургъичIого, бачIинахъего кIучIдул гьаризе байбихьана, гъолъ асир гьаруна гIемерал чIагIи. МахIмудица ахIулебги букIана кечI, халкъалъул рекIелъ досул асарал ва цIар цIунун хутIана гьеб кечI ахIулебги букIун. Гъосда абун буго, нижеца сардица тIад ургъун, цоцалъ релълъарал рагIаби рекъезабун хъван нижер лъугьунеб гьечIо гьеб кечI, дуца вахъун чIун рехсараб гIадин пасихIго, дуда кин кIолеб гьединин МахIмудида гьикъараб мехалъ гьес абун буго: «Нужода бихьанищ бокьалъул чали рагьараб мехалда цоцалъ тенколел чахъаби, гьагъадин рукIуна жиндир рагIаби, жиб цебе биччайин цояб, жиб биччайин цогидаб, рекъон ккараб лъола цебе» - ян. Нилъеца абизе бегьула батIалъи щиб МахIмудги ЧIанкIалги абун, щай МахIмудги классик вукIунев абун. ЦIадаса ХIамзатица абун буго МахIмудил вачIин ЧIанкIал нухдасан букIанин абун, амма тIадеги гьунарги цIикIкIун жеги цIикIкIарал борхалъабазе гъов анин абун. Гъоб пикруялда тIад рекъезе бегьула. ЧIанкIада релълъун хвалеб букIана амма гъос цIияб чваххи, цIияб къагIида, лугъат бачана аваразул адабияталде. МахIмуд лъугьана бакъ моцIалда, тIабигIаталда, гъвет-рохьалда кIалъазе, Муихъ ккараб рокьул бицун. Цебе аваразул литератураялъе хасиятал гурел къагIидаби рачана гьес:

Цо панаяб хIухьел бухIулеб рекIел,

КIвеларищ босизе, самаалъул накIкI?

Соролел лугбазул бугеб гIакъуба,

ГIарз хъван кьеларищ, хъахIил зодил хьухь?

ГIорхъолъан араб фантазия букIана гъосул.

Мунилан духъ тIураб магIил гIоралъулъ

ГIурус пачаясул гуми лъедела…

ХъахIабросулъа МахIмудица абизе бегьула хIурият гIадинаб жо гьабуна аваразул адабияталда ЧIанкIада хадуб.  Абизе бегьула анцIила ичIабилеб гIасруялъул ахиралда авар адабият МахIмудил «ханлъиялда» гъоркь, асаралда букIанин. Кутакалда цебе тIуна гъоб заманаялъ аваразул литература, хасго рокьул лирика. Гьеб мехалда хундерил тIалъиялда ваккана цо батIияб мацI бицунев чи. ВачIана ЦIадаса ХIамзат жиндирго хасаб мацIгун, къагIидагун, ирония, сарказм, сатира букIана досул кочIолъ, сурараб сурун бихьизабун, берцинаб берцин бихьизабун, рукIа рахъиналъул хъвалев - «Дибирги гIанхвараги», «Кинхвал хIама», «ГIалибегил гьве» ва гь.ц. МахIмудида рагIун буго тIалъиялда цо ЦIадаса ХIамзат абулев чи вахъун вугин. Мунагьал чураяв Расулица бицунаан. ВачIун вугила цо цIад балеб къоялъ ЦIадаса ХIамзатихе ХахIабросулъа МахIмуд, Хунзахъе щвезе вачIарав чи. Юсупил МухIамадил вас ХIамзат, кучIдул хъвалев чи мунищ кколев? – ан. У- йилан абун буго ХIамзатица. ЦIалея цо кечI. ЦIалун бугила ХIамзатица. Ваба-бай абун гIажаиблъи гьабун буго МахIмудица, цIакъ пасихIго рагIи рекъезабун хъвалев чи вугин мун, амма дида гьел гIункIаздеги, гIунхруздеги гьарулел кучIдул ричIчIуларин, дида Муи цее тIамула кечI хъвалеб мехалдайин вахъун ун вуго. МахIмудица щиб абуниги, ЦIадаса ХIамзатица тIубанго хIурият гьабун буго авар литератураялда. ЦIадаса ХIамзатил асаралда гъорлъ цIияб дуниялги, хIуриятги бергьун, цIияб заманалъе ХIамзатица кучIдулги хъвалеб, Ленинги, Сталинги, СССРги, партияги бецун ХIамзат хвадарулев вукIаго, гьесул рокъов гIун вачIана, парччахIаб пикруялъул, кIудияб хиялалъул, амбициязул вас, цойги поэт – Расул. АнцIила кIиго сон бараб мехалда гьес хъвалел рукIарал кучIдузулъ халлъулеб буго протест сверун бугеб адабияталдеги, дуниялалдеги. КъватIире, печаталдеги рахъичIо гьел кучIдул, рахъизе бегьулелги рукIинчIо доб заманалда. Лъебералда анкьабилеб яги кIикъоабилел соназ, рагъ байбихьилалде цебесеб заман, асда бихьун буго, гIалимзаби гIадамал чIвалел туснахъ гьарулел. Расулица жинцаго бицараб хабар буго, гьеб мехалда гьес хъварал кучIдузул даптар шун буго ХIамзатихъе, батун буго кечI:

Улкаялда Ленин квешаб хIал буго,

ХIалихьатал чагIи гIемерлъун руго.

Дур нухмалъулебин харбалги рицун,

Халкъалда гIакъуба гьикъулеб буго.

Вагъун вуго Расулиде эмен – гьаб жо къватIибе борчIани нилъер тухум лъугIизабизе бугин абун. Бихъула кечIги, гьужумалги гьарун тун вуго. Гьанже инсуца гIемерал малъа-хъваял гьарун хадуб хъванила жинца Сталин веццараб кечI:

Дун Ленинил нухда таргьи гьечIого,

Тушман чIинтIулаго вилъунев вуго.

 Сталин малъухъ свери гьечIого,

 СагIат гIадин битIун, хIалтIизе вуго.

Гьанже нахъеги вагъанила эмен - дуда гьоркьоб бакI батуларищ абун, цин какун, цинги гьеб хIалалъ веццун гурони. Расулил байбихьи букIана ЦIадаса ХIамзатида релълъараб, ЧIанкIал нухда МахIмуд вачIараб гIадин. Гъосда хехго бичIана гъоб нухда ун жив хутIуларевлъи, инсуцаги абуна гъосда щивав чиясул жиндирго нух букIине кколилан. Расулица гьабуна цойги инкъилаб аваразул шигIру-кечIалъулъ, батIияб мацIги бицун вачIана гъов.

 «ХIасратаб рокьиги, боркьараб ццинги», «ЦIадулал жугьаби» абураб кIиго тIехь къватIибе бачIана рагъул заманалда. «Дун гьавураб сон» - поэма бахъана, гьелъухъ I947 абилеб соналъ Сталинил цIаралда бугеб премияги щвана гьесие, машгьурлъи, цIар, рагьарал каваби, гъолдаса хадув ункъого сонил ригьалде вахизегIан кидаго гьури гъосул дугъазухъе пулеб букIана. ГIорхолъа борчIараб гьунаралъги, талихI-икъбалалъги, квер ккун гъов цеве вачулев вукIарав Данияловги гъол киналго жал данде ккун Расул ХIамзатов машгьурлъана дунялалдайин абизе бегьула. Гьеле нилъее авар адабияталъул щуабилев классик.

-ГIемер чагIаз абула Расул ХIамзатов Совет хIукуматалъул пропагандистский аппараталъ рагIизе гьавурав чи вугилан, унго-унгояб гьунар досулъ букIинчIин абун. Гьелде щиб дуца абилеб?

-Совет хIукуматалъул пропагандистский аппараталъ Расул ХIамзатов рагIизе гьавунин абураб жо гьереси гуро. Амма лъазе ккола щивав чиясда Совет хIукуматалъе гъовги хIажат вукIана, гъосие Совет хIукуматги хIажат букIана, гъол кIиялго цоцазе хIажат рукIана. Совет хIукумат беццулел гIемер ахIмакъзаби рукIана доб заманалда, амма РасулгIан халкъалъ къабул гьарурал гIемер рукIинчIо, гьеб буго гьунаралъул гIаламат. Совет хIукуматги гIантаб букIинчIо. Совет хIукуматалъ гъосул рахъ кквеялъе цо мисал. СССРалъул Верховный советалъул делегациялда гъорлъ Америкаялде яги Европаялде Расул ХIамзатов араб мехалда, Москваялда цо кIудияб гостиница бухIун букIун буго, гьелда тIаса къватIир улкабазул журналистаз кьун буго суал: «Нуж, СССР гучаб держава, дуниялалда ханлъи гьабизе цебе бахъараб, тахшагьаралда бакьулъ  ккараб цIа свинабизе кин нужеда кIвечIеб? – абун. Делегациялъул бетIер вукIун вуго гъова техникиял баяназул бицун нунудулев, гьеб мехалда Расулица цеве вахъун абун буго: «Кинаб цIадул нужеца бицунеб? ЦIа ссинабиялъул рахъалъ дуниялалъул тарихалда СССРалдаса кIудияб пожарник гьечIо, I945 соналда нижеца континент хвасар гьабуна фашизмаялъул цIадудасан. Гьеб мехалда киб букIараб Америкаги, Европаги. Фашизмаялъул цIадуца бухIулеб дуниял хвасар гьабурал нижее жакъа тахшагьаралда бухIараб цо минаялъул бицунеб буго нужеца» - ян. Хадусеб къоялъ киналго къватIиса пачалихалъул газетазда тIоцебесеб гьумералда Расул Хамзатовасул суратги,  ва гьесул рагIабиги: «СССР – лучший пожарник 20-века» - абурал рукIун руго. Гьеб бихьараб Брежневасда, гъос ахIана, кьуна шапакъатал, кIодо гьавуна. Пропагандистский аппараталъ Расул машгьур гьавунин абураб пикруялда дун рази вуго, амма гьев машгьур гьавуна гъов Расул вукIун, гъол кIиялго Расулие пачалихъги, пачалихъалъе Расулги  цоцазе хIажат рукIун.

-Инхоса ГIалихIажи вачIинегIан гIемер рукIинчIониги рикIине гIурал гIалимзаби рукIана. ВагIзаби, насихIатал, мавлидал, назмаби хъвалел чагIи. Гьел шигIрабазда тIаса дур кинаб пикру бугеб?

-КучIдул хъвалел чагIи кидаго рукIана, кIалзул гьунарги кидаго букIана. Щай Инхоса ГIалихIажияв аваразул адабияталъул классиклъун рикIкIунев?Гъосул гIемерал кIучIдул гIемерал гIадамазухъе шун рукIиналъ, гIемер чагIазул рекIеда хъатIараб букIиналъ. Дуца абулел мавлидал, насихIатал, назмаби хъвалел гIалимзабазул хасаб гьеб цIалулеб къокъаялъе гурони, гIемер гIадамазухъе гьел щун гьечIо, гьединлъидал гьезул цIар классиказда гъорлъ рехсоларо. Гъол къиматалги руго, чара гьечIого миллаталъе рухIияб рахъалъ хIажатал асаралги руго.

-Халкъиял кучIдузул рахъалъ щиб абилеб?

- Халкъияб кIучIдул масала, кIалзул гьунаралда ругел, чабхъадулазул, бодул церехъабазул кучIдул, «Бахтика», «Азайнисей», «МугIрузул ГIали», «Кьурулъ хутIарав ГIали», «Хочбар» ва анцI-анцI цогидаб рухIияб хазинаялда тIад бижана аваразул адабият. Халкъиял кучIдул ккола, хасаб гьунар бугеб чагIаз, жиндир заманлъ гьабураб кечI, кочIол къимат гьечIеб мехалда, гъолъул тIалаб гьабичIого автор виларал,  халкъалъул рекIеда хъатIараб жо букIун хутIараб нахъе. Адалло ГIалиевасулгун букIараб гара-чIвариялда гьес дие загьир гьабуна цо гIакъилаб пикру, гьес абуна: «ХIужаялда тIад бижараб гурони кечI миллаталъе хутIизе рес гьечIо. Цо поэт абулев чияс жиндир пикрабаз гордухъа къватIиве валагьун, гъасда, яги корохъ ургъарал «маргьабазул» кIвар букIунаро халкъалъе» - ян. Дун рази вуго гьеб пикруялда. Масала, кIудияв ГIумаханасул яц Бахтика дое Гъарабагъалде ун Ибрагьимханасе росасе кьей магIарулазул тарихалда хъван буго, гьеб букIараб жо буго. Хочбарил рахъалъ абуни, дуниялалда чара гьечIо ургъун бахъараб букIине, лъалеб жо буго гьидерил эркенаб жамагIат букIинги, гьезул ханзабазулгун дандеккунгутIи букIинги. ЦIарги, бакIги, росуги, чиги, сапарги, гъоб кинабго жо цо чияс гордухъа къватIиве балагьун ургъуларо. Киналго халкъалъ цIунун хутIарал кучIдул руго хIужаялда тIад рижарал кIучIдул.

-Бахтикал кечI абураб жоялда мун божулищ жинцаго Бахтикаца хъвараб кечI букIиналда?

-Бахтикал букIун батила магIу, пашманлъи жий къватIий кьеялдаса, ватIаналдехун цIайи букIунелъул, мацI лъалареб, гIадат лъалареб чияр бакIалде къватIие кьолей яс, гIемерал пасихIал магIихъаби рукIаралъул цере. Долда гурхIун гIадамаз хъвараб батизеги бегьула, цояз цоялда тIаде жубан лъугьун батизеги рес буго.

-Жинцаго гьеб хъвачIебани, гъоба Шушаялда бугеб ахIвал-хIал кинабго кин хъвалеб?

-Жинцаго хъвараб букIун батизеги бегьула, шай гурелъул  жиндаго берда бихьараб гIадин, кутакалда пасихIго хъвараб кечI буго. ШигIрияб даражаялъул рахъалъ гьелдаса пасихIаб ва къуватаб асар дагь батила, халкъиял кучIдузда гьоркьобги бищун лъикIаблъун рикIине бегьула. Масала:

Меседил гьаркьица гъалал халаго,

Хабар бачIанила Шушаялдаса.

ГIарцул саргъасалъуй дун черолаго,

Чапар тIад гIунтIарав Гъарабагъалъул…

ТIокIаб берцинго ханзабазул гIумру-яшав кин бихьизабилеб? Ялъуни гьадинал мухъал:

Дун йичун босараб меседгун гIарцул,

Пурцил маххал гьаре хундерил бодуй… Гьеб къуватаб асар буго, автор жийго Бахтика йикIанин дида абизе кIоларо кочIолъ рехсолел щинал бакIал, топонимика, гIадамал, тарих лъазе рес бугищ гIолохъанай ясалда? «Нухда гъара балеб цIогьораб мулк-ракьги, вихьун чи толарел гъолодиселги, гама гебегулеб хъахIил Алазан, свакарал лъалхъулел дол АхIлъималги» гьабгонияб бакIги, халкъги, гъозул пишаги лъаялъ щаклъизарула. Амма рес буго гъолъ жиндир асар кьураб кечI гьабизе, хутIараб тIаде цогидаз гургинлъизабизе. Кин бугогиги «Бахтика» асар буго аваразул рухIияб хазинаялъулъ бищунго къиматаздаса цояблъун.

-Гьаб 20-векалда Расул ХIамзатовасул даражаялде вахараб шагIир ватиларо, амма классиклъун рикIине бегьулев, гьелъие мустахIикъав чи вугищ дур хIисабалда?

-Расул ХIамзатовасул заманалда, 20-векалда, гIемерал  гьунар бугел хъвадарухъаби гIуна, гьелъие кIудияб квербакъи гьабуна Совет хIукуматалъги. Социалияб положениеги хъвадарухъабазул цIакъ лъикIаб букIана, гонораралги кIудиял кьолел рукIана, рукъзалги кьолел рукIана, гIадамазда гьоркьоб гьезул къадруги букIана. Поэт абураб жо пишалъунги тун, тахьалги рахъун, гьелдалъун хьихьарал чагIи рукIана. ЛъикIал хъвадарухъабиги рукIана досул заманалда, рехсезе бегьула: МухIамад Сулейманов, ГIумархIажи Шахтаманов, ГIабдулмажид Хачалов, ГIадалло ГIалиев, ХIажи Гъазимирзаев, МухIамад Шамхалов, ГIабасил МухIамад, МухIамад ГIисаев, МухIамад АхIмадов, Тажудин Таймасханов, Муса МухIамадов, Фазу ГIалиева ва гIемерал цогидалги. Дир хIисабалда Расул ХIамзатовасда цадахъ классиклъун абизе бегьулев, Расул ХIамзатовасда, яги цогидазда релъинчIеб жиндирго хасаб, жиндиего хасиятаб нухги бахъун, гъол асарал халкъалъухеги шун, халкъалъ къабул гьавурав поэт вахъичIо цойги. Масала, ГIадало ГIалиев вуго гьел тIадехун рехсаразулъ бищунго лъикIавлъун рикIкIунев поэт, гьевги вуго Расул ХIамзатовасул школалъул поэт. МухIканаб жо живго ГIадалло гьаб пикруялда разилъиларо, битIахъе унтила гьаб къиматалъ, дида бихьулеб хIакъикъат гьадинаб буго, бокьани разилъе, бокьани разилъуге. Жиндирго хасаб къагIида гьабизеян лъугьана ГIабасил МухIамад цебехун аваразул литератураялъе хасиятаб гуреб,  рифма гьабизе лъугьана гъов. ТIоцебе гъоб лъикI къабул гьабуна, амма хадуб гIорхъолъа ана кинабго. Поэт лъугьана рагIикъотIалда гIадин ахирал данде ккезаризе. Формаялъе цIикIкIун кIвар кьурабго магIна холеблъи нилъеда лъалеб жо буго. Кин бугониги ГIабасил МухIамадил лъабго пьеса – «Саба Меседо», «Камалил Башир» ва «ХъахIабросулъа МахIмуд» хутIила абадиялъ аваразул литератураялда. Миллияб драматургиялда гьезде бахунеб жо дица цIаличIо. Гьебго унти буго МухIамад АхIмадовасул, аллитерация гьабулаго захIмалъизабулеб буго, асар дагьлъулеб буго, формаялда хадув лъугьун. ГIадатго абизе бегьулеб жо захIмалъизабулеб буго: «Нилъаллъун руго  нилъ нилъго рецулел, нилъалзукь кверги чIван чIаголъи чIвалел» абулел гIадал мухъал. Дида кIоларо ГIабасил МухIамад ва АхIмадов авар литератураялъул классикаллъун рикIкIине, амма гьез жидецаго ва цIалдолез рикIкIунел ратаниги щибго дагIбаги гьечIо, гьеб буго цохIо цIалдолев хIисабалда дирго пикру.

-ГIемерисел кочIохъаби, шагIирзаби рахъун руго Хунзахъа, севералъул мухъалда, амма жиндир хасаб мацI диаллект бицунел кочIохъаби, цIар рагIарал, машгьурал шагIирзабилъун рахъичIо, гьелъие щиб гIилла дуда бихьулеб?

- МацI. ТIокIаб щиб гIилла гьениб букIинеб? Бищун гIемерал кочIохъаби, хъвадарухъаби рахъун руго хундерил, гьезул буго битIараб магIарул мацI, гъоб болмацIалда гIагараб буго. Гьелъиеги буго гIилла, масала жинца пикру гьабураб мацIалда хъвараб кечIги, жинца пикру цо мацIалда, хадуб пикру цойги мацIалде буссинабураб кечIги цо букIунаро. Гъолъул гIадаб пасихIлъиги, камиллъиги лъугьунаро, гъоб нилъеда нилъерго хъвай-хвагIаяздасан лъала.

-Щиб бугеб дур пикруялда цойги поэтасе хIажатаб шартI?

-Жакъасел тIалабазда тIабигIаталъ кьураб гьунаралда цадахъ лъикIаб лъай, дунял бихьи ва бичIчIи. КигIан кIудияб гьунар кучIдул хъвазе  бугониги, цойги  батIи-батIияб мацIазда бахъараб литератураги цIалун, гIадамалги, дуниялги лъан, батIи-батIиял улкабиги рихьун хадуб жиндилъ бугеб махщел цебетIола ва бечелъула. Расулица босана дуниялалда бугеб литератураялдаса батIи-батIиял къагIидаби. Масала: «Дида цебе чIана хIикматаб лахIзат» - абураб тIубараб цикл рокьул сонетазул руго гъосул  Шекспирихъего хъварал, Европаялъул литератураялъе хасиятаб къагIида:

Цо италияйги хадуй гьаюн дун,

Хунзахъе вачIани щибдай абила?

Цеве дун гIадамаз къватIив гъелаан

КъваригIун гьечIилан гьей чияр гIадан.

Амма дида жакъа мугIрул росабалъ

КIиго би жубарал лъимал рихьула

Гьел вацал киниги, яцал гIадинан

ГIаммаб хъизаналъулъ рекъон хьвадула…

Гьаб буго шагIирас авар кочIое хасиятаб гуреб сонетгун вачIарав жив къабул гьавиладаян кьолеб суал. Къабул гьавураблъи нилъеда бихьана машгьурал, жакъаги ахIулел ва цIалулел сонетаздалъун. Расул ХIамзатовас бицунаан «Руччабазул чIинкIиллъи» абураб поэма хъвалеб мехалда кIиго соналъ латино-американазул историяги, фольклорги цIаланила жинца. Гьелъ бечедги гьабуна гьесул поэзия. 

- Совет Союз биххун хадуб, магIарул адабияталда загьирлъарал, гьабсагIаталда нилъер рахъарал шагIирзаби щал ругел?

- Гьел соназул хIисаб дица гьабичIо, гьоркьохъеб ригьалъул завалалда ругел шагIираллъун дир хIисабалда руго МухIамад ХIамзаев, ЖабрагIил ХIасанов, МухIамад ПатахIов, ХIабиб Давудов, МухIамад Хириясулаев, МухIмадрасул ГIумаров, Залпа МухIамадрасулова. Гьунар бугев ва дунялалъул бокьараб мацIалде вуссинавизе бегьулев хъвадрухъан вуго ГъазимухIамад ГъалбацIов. Гьесул пикру букIуна, пикру бокьараб дунялалъул адабияталъе ва цIалдолезе хIажат букIуна. Гьесухъе нилъеца босун гьаб къалам кьуни макъала, яги хабар хъвай гьалъул рахъалъин, ГъалбацIовас хъвала. Гъосул фантазияги, пикруги буго бокьараб темаялда хъвазе. Гьеб жо буго гьунар, киназдаго гьедин кIоларо. ЦIиял цIарал дида лъаларо, цохIо ХIамзат ГIизудинов гурони.

Цойги кIвар буссинабизе ккараб жо буго магIарул адабияталъе кутакалда хIажатаб, хъвадарухъабазул Союзалъги, гIелмияб интеллигенциялъги, театралъги, министерство культураялъги кIвар гьабичIого тараб жо буго драматургия. МагIарул мацI цIунизе бищун къваригIараб жанр ккола драматургия. Жакъасеб къоялъ бугеб ахIвал-хIал бугеб къагIидаялъ бихьизабизе, сурараб-сурараблъун, берцинаб-берцин бихьизабизе ккола гьелъ. Исана нахъойги лъуна театралъ Заирбег ГIалихановасул «МугIрузул ГIали» абураб спектакль, кутакалда лъикI къабул гьабуна, асарги гьабуна гIадамазе. Заирбег ГIалихановасул лъикIаб лъабго-ункъго спектакль буго, ГIабасил МухIамадил лъабабго трагедия лъе, аварзул драматургиялъе кьучI лъуравлъун рикIкIунев Багьадур Малачихановасул лъе, рукIана Сулиманов МухIамадил лъезе бегьулел пьесаби. Дир хIисабалда цIиял хъвалел чи ратичIони, цере рукIарал лъунги цIигьабизе ккола драматургия. МагIарул мацIги, адабиятги, культураги цебе бачине бокьун батани цIакъ кIвар бугеб рахъ буго гьеб.



Автор: КIалъана Маркъо ШагIбанов, хIадурана ГIайшат МухIамадовалъ

Опубликовал(а): nkaa, 17-07-2013, 18:15. Просмотров: 5636
( Всего голосов: 2 )
0
Уважаемый посетитель, в данный момент Вы зашли на этот сайт как незарегистрированный пользователь. Мы рекомендуем Вам зарегистрироваться либо войти на сайт под своим именем.

Онлайн перевод

аварских слов на русский

и иностранные языки и обратно

Панель управления
авторизироваться через:



Последние комментарии
    Нет комментариев


Оцените работу сайта

Лучший из новостных
Неплохой сайт
Устраивает ... но ...
Встречал и получше
Совсем не понравился