Какил гIуж МахIачхъалаялда жакъад:  |  |
Главная » Мероприятия » Ракълил ва цолъиялъул байрам. Фоторепортаж

Ракълил ва цолъиялъул байрам. Фоторепортаж

Ракълил ва цолъиялъул байрам. ФоторепортажДагъистаналъул тарихалда жаниб кIудияб лъугьа-бахъинлъун ккана Дагъистаналъул мугIрузул халкъаз Надир-шагьасул рикIкIун хIалкIоларел рагъухъабаздасан гIуцIараб кIудияб ва гучаб аскаралда тIад босараб, дунялалдаго машгьурлъараб бергьенлъи абадиялъго ракIалда хутIиялъе Сугъралъ росдада гIагарлъухъ ХицIиб мемориалияб комплекс "ВатIан" рагьиялъул хIурматалда 2004 соналъул 12 августалда тIобитIараб рохалилаб тадбир. 20Ị0 соналъул Ị5 декабралда Дагъистаналъул халкъазул III съездалъ хIукму гьабуна ХицIиб майданалда "дунялалъего хIинкъи кьолев" шагь шущахъ виххизавураб къо Дагъистаналъул халкъазул цолъиялъул къолъун лъазабизе ва гьеб щибаб соналъ миллияб байрам гIадин тIобитIизе. 20ỊỊ соналъул 6 июлалда бахъараб Дагъистан Республикаялъул Президентасул указалда рекъон, Дагъистаналда 15 сентябрь лъазабуна  Дагъистаналъул халкъазул цолъиялъул къолъун ва гьеб къо байрамалъулаб гỊодобкъолъун ккола. Исанаги, араб соналдаго гỊадин,  ХицỊиб бугеб "ВатỊан" Мемориалияб комплексалда букỊана  Дагъистаналъул халкъазул цолъиялъул  миллияб байрамалда, Надир-шагьасда тỊад бергьенлъи босаралдаса 272 сон тỊубаялда  ва Расул ХỊамзатов гьавуралдаса  90 сон тỊубаялда  хурхараб рохалилаб  данделъи. Кьолеб буго гьенисан нижер мубирасул фоторепортаж.
*   *   *
Ракълил ва цолъиялъул байрам. Фоторепортаж16 сентябралда радал жеги цудунго, Дагъистаналъул халкъалъ цо- лъиялъе кьучỊ лъураб бакỊ  ХицỊиб майданалда бугеб «ВатỊан» мемориалияб комплексалда батỊияб чỊаголъи бихьулаан. Мемориалалде унеб нухда ва гьениб сверун, жибго комплексалъул авалалда жанибги киса-кибего рихьула ракълиде, цолъиялде, нилъер ватỊаналъул тарих ракỊалде щвезабизе ва цỊунизе, ВатỊан бокьизе ахỊарал игỊланал. Байрамалъул хỊурматалда кинигин гьава-бакъги бачỊана роцỊцỊараб ва бакъулаб.
…Радал сагỊат анцỊго тỊубараб заман. Гьале цо-цо кỊи-кỊиккун тỊад гỊадамалгун машинаби рачỊине байбихьана комплексалде. АнцỊила цо тỊубараб заманалде гьениб авалго цỊуна гỊадамазул гаргаралъги, кечỊ-бакъаналъги. БитỊун сагỊат анцỊила цо тỊубараб заманалда ракълил ва цолъиялъул байрам рагьараблъун лъазабуна ХицỊиб бугеб «ВатỊан» мемориалалъул директор МухỊамад Абакаровас. Хадуб байрам бачунев ГỊобохъ школалъул директор ГỊабдулаев МухỊамадица тадбиралъул тỊолалго гỊахьалчагỊазда гьеб байрамги баркун, Дагъистаналъул халкъазул цолъиялъул  миллияб байрамалда, Надир-шагьасда тỊад бергьенлъи босаралдаса 272 сон  ва Расул ХỊамзатов гьавуралдаса  90 сон тỊубаялъул  хỊурматалда тỊобитỊулеб маданиябгун спортивияб фестиваль байбихьараблъун рикỊкỊана.
Ракълил ва цолъиялъул байрам. ФоторепортажФестиваль-конкурсалда халкъиялгун тарихиял кучỊдул ахỊизе ва рикỊкỊизе, театралиял номерал рихьизаризе,  кьурдизе бугеб жидерго махщел бихьизабуна районалъул тỊолалгоязде гỊагарун школазул цỊалдохъабаз. НекỊсияб ретỊел-хьитгун, доб заманалъул тỊагỊел-алатгун, унго-унгоги некỊсияб заманаялъул гỊолилал киннигин къамартỊго ва ракỊа-раххарун, кỊудияб хỊаракаталда церерахъунел школлъималазде балагьун цебе чỊчỊолеб букỊана нилъер рагъулаб тарихги эркенлъиялъе гỊоло къеркьейги, халкъалъул адабиябгун маданияб бечелъиги. Унго-унгоги божилъи бачỊунеб букỊана  доб Ị741 соналда эркенлъи цỊунарал нилъер умумузул васияталъе гỊун бачỊунеб гỊел ритỊухъаллъун рукỊиналъе. Нус-нус  гỊадамал данделъараб  байрамалда балагьаразе кỊудияб асар гьабуна Гъуниб районалъул киналго школлъималазда гьоркьор ватỊаналъул хỊакъалъулъ кучỊдул ахỊулел ва рикỊкỊулел конкурсазги, батỊи- батỊиял гьунарчагỊазул церера-хъиназги. Байрамалъул гỊагьалчагỊазул гьариялда рекъон цо-цо лъималазул церерахъинал кỊицỊул, хỊатта лъабцỊулцин такрар гьаруна.
Ракълил ва цолъиялъул байрам. ФоторепортажГьелдаса хъадуб байрамалъул гỊагьалчагỊазда цере рахъарал  районалъул культураялъул хỊалтỊухъабаз бихьизабуна кьурдул номерал ва ахỊана кечỊ. Гьеб заманалда тỊаде щвана сверухъ Хунзахъ, Хьаргаби ва гь. ц. районаздасава гьединго МахỊачхъалаялдасагун Грозныялдаса рачỊарал гьалбалги. Гьелдаса хадур рукỊана миллиял спортивиял къецал: рекери, кỊанцỊи, гамачỊ рехи ва гь. ц.
Церерахъиназдагун къецазда гỊахьаллъарал киназего, гьезие къимат лъезелъун тỊаса бищараб жюриялъ тỊадегỊанаб къимат кьуна ва щивав хỊахьалчиясе кьуна рекъонкколел призал ва грамотаби. Гьел призалгун сайигъатал росун рукỊана районоялъгун районалъул спорталъулгун гỊолилазул хỊалтỊул рахъалъ управлениялъ. Жидерго рахъалъ хасал призалгун грамотаби чỊчỊезарун рукỊана республикалъул «Вацлъи» цолъиялъги.
Ракълил ва цолъиялъул байрам. ФоторепортажБайрамалда гьелъул гỊахьалчагỊазе ракỊ-ракỊалъул баркала кьун кỊалъаял гьаруна учитель-ветеран ва рагъул гỊалхьалчи ГỊабдула Мусаевас, районалъул лъайкьеялъул управлениялъул начальник ГьитỊинавас МухỊамадовас, районалъул спорталъулгун гỊолилазул хỊалтỊул рахъалъ управлениялъул начальник МухỊамад Сагитовас, Хунзахъ районалъул вакилалъ ва гь. ц. Хас гьабун гьеб байрамалъе сайгъат гьабураб кечỊ данделъиялул гỊахьапчагỊазе цỊалана ЧỊохъа ХỊажагỊали Сиркиловас.
Ахиралда тỊобитỊана «АхỊиялъул цỊаял» акция ва мемориалалъул бищунго борхатаб сиялъул тỊохъда ахỊиялъул цỊа бакана. Гьелдалъун байрамалъул тадбиралги лъугỊана. Гьеб лъугỊин бичỊчỊараб кинниги дунялги, кьерхунги лъугьун, къокъабго заманалда хỊеренаб, гьалбадерие нухбитỊиялъулъе ва баракаталъе киннигин цỊад  бана.
Ракълил ва цолъиялъул байрам. ФоторепортажГỊаммаб куцалда байрам ана цỊакъго гỊуцỊараб ва гỊахьалчагỊи разияб ахỊвал-хỊалалда. Гьенир гỊахỊаллъара киназулго гỊаммаб пикруялда  рекъон гьеб  лъикỊаб ва пайдаяб данделъи ккана.  Гьелъие гъоркьелъеллъун букỊана гьелде цебеккунго росдал администрациялъги, «ВатỊан» мемориалалъул дирекциялъги, районалъул спорталъулгун гỊолилазул хỊалтỊул рахъалъ управлениялъги, районоялъги гьабун букỊараб щвалде щвараб ва камилаб хỊадурлъи, гьеб къоялъ гьениб гỊадлу-тадбирги  ва гь. ц хỊажатаб чỊезабун букỊиналъги.
Хас гьабун баркалаялъе мустахỊикъал руго данделъиялде рачỊаралщиназе  гьоркьоса къотỊичỊого тỊагỊамаб квен чỊезабурал Сугъралъ гимназиялъулгун росдал ясли-ахалъул хỊалтỊухъаби. Къокъго абуни, байрамалъ унго- унгоги бихьизабуна, Дагъистаналъул халкъазул цолъиялъул байрамкъо  нилъ  цолъизарулеб гьайбатаб ракълилаб къо  букỊин.
Фотосуратазда: байрамкъоялъул лахỊзатал.



Автор: А.МухỊамад. Авторазул фотосуратал

Опубликовал(а): nkaa, 27-09-2013, 19:49. Просмотров: 3392
( Всего голосов: 3 )
0
Уважаемый посетитель, в данный момент Вы зашли на этот сайт как незарегистрированный пользователь. Мы рекомендуем Вам зарегистрироваться либо войти на сайт под своим именем.

Онлайн перевод

аварских слов на русский

и иностранные языки и обратно

Панель управления
авторизироваться через:



Последние комментарии
    Нет комментариев


Оцените работу сайта

Лучший из новостных
Неплохой сайт
Устраивает ... но ...
Встречал и получше
Совсем не понравился