Какил гIуж МахIачхъалаялда жакъад:  |  |
Главная » Личности » КIудияв ГIумахан (1761 – 1801 сс.)

КIудияв ГIумахан (1761 – 1801 сс.)

КIудияв ГIумахан (1761 – 1801 сс.)Лъимерлъи

ГIумахан гьавун вуго 1761 соналда Хунзахъ росулъ. Гьесул эмен вукIун вуго МахIамаднуцал, эбел  –  Хайдакъуцуми ХанмухIамадил яс Баху. МахIамаднуцалица Баху ячун Йиго Хайдакъалъул ханзаби Надиршагьасдаса тIурун Хунзахъе рачIараб мехалъ. 1741 – 1743 соназ магIарулаз авалияб кьабгIн швезабун буго «дунялго хIинкьулев» Надирида.

Надирица 1742 соналда Хунзахъе ритIун рачIун руго Сурхайханги Хаспулатшамхалги. Гьез абун буго: «Надирииа гьарулеб буго жиндихъе гъоркь – лъалие цо чанго чи кьеян, жив гьелдаса хадув Дагъистаналдаса нахъе инила». МахIамаднуцалица жаваб кьун буто: «Дица гIадамалги кьеларо. Нади – рида данде тIарамагъадисеб гамачIги багъизабила»,  –  ян. ГI. Бакихановас хъвалеб буго: «XVIII гIасруялде щвезсгIан магIарулал гьедигIан рагIарал чагIи рукIинчIила. гьелдаса нахъе гьезул къуват – ги, цIарги тIибитIанила кибто Кавказалда». Гьес мисалалъе бачунеб буго цо шагIирасул кечI:

«Кьерун чIая, чIужу, мун 

ЛекIи вачIине гурин, 

Чармидаса къвакIараб 

ЛекIиясул ракI бугин,

 Багъдадазул кьергицин 

Гьесде данде чIоларо».

ГIумаханасул талихIаб лъимерлъи халатбахъун гьечIо. 1772 соналда ЦIоралда чIван руто гьесул имгIал МахIамадмирзаги гьесул вас Булачги.

«Хунзахъ тIалагIанаб тIухьи арабин.

ТIолабго кьвагьаги гьитIинав Булач?

ТIалтIа бараб сигIан гьир харил анин,

Кинабго бухIаги МахIамадмирза?»

1774 соналда гьезул рецIел босизе арав МахIа – маднуцал рекIкI гьабун чIван вуто ФатагIали – ханасул чадпралда жанив.

ГIумаханасда тIаса гьитIинго ун буго инсул кваркьи. Гьев гьитIииго кIудияв гIун вуго, 15 сон байдал. гьесне гьабун буго хвалчен бухьи  – вас гIеялъул байрам.

ГIумаханас дагьал чагIиги цадахъ рачун сверун (С.55) буго кинабго улка, щун вую киналго кIудиял ро – сабалъе. Гьев рещтIунев вукIун вуго мажгиталда.

Гьес магIарулазул росабалъ абулеб букIун буго: «Дун вуго нужер росдал гьобол. Нужеда лъала дида тIад бугеб налъи, дица рецIел босизе ккола ФатагIалиханасдаса дир инсулги, имгIаласулги, вацгIаласулги, цойги гьезда цадахъ чIварал гIагаразулги. Нужеца кумек кьечIони, дида гьеб босизе кIоларо», – ян.

ГIумаханас церехъабазе, гIалимзабазе кьолел рукIун руго сайгъатал. гьес абулеб букIун буго: «ГIадамасе сайгъат къохьое нах гIадинаб жо буго. Инсан гьелъ тамах гьавулаян».

ГIумаханасдл лъудби

ГIумаханас ячун йиго ункъо чIужу. ТIоцеесей йикIун йиго яцгIал  – МухIамадмирзал яс КIилъилай. Гьей йикIун йиго цIодорай, рагIи чIарай. Гьелъие букIун бугоханасул магъалоялъул бутIаги. Гьелъул букIун буго гIемераб бечелъиги, цIакъ къачIарал рукъзалги. МагIарулазул кици буго: «КIилъилалъул гьиниш,  ГьетIарасул сийищ?»

Хадусей ккола ХъистIаман  –  Хайдакъуцумиясул яс, Бахумеседол эбел.

Лъабабилей чIужу  –  Дарижа (Дареджан) Абашидзе. Вахан хъалаялъул князь Евгений Абашидзел яс. Гьей йикIун йиго берцинлънялъул цIар бугей гIадан. ГIумаханас Дарижа ячун йиго Вахан бахъараб мехаль. Гьелда цадахъ ГьерекIли кIиабилес кьун буго 3 гIала, 1 барти, 3 лагъ – гъаравашги. Гьезда гьоркьоб букIун буго цо гIараб тайпаялъул гIала, «Дарижал гIала» абун бицен хутIун буго гъелъул магIарулазда гьоркьоб. Гъарабагъалъул Ибрагьим – ханас бачIараб бартиялдасанги гьеб гIалаялдасанги лъугьун буго магIарухъ цIияб чуязул тайпа. Чуязул элхъи (завод) нуцалазул букIун буго цIакъго цебего. Элхъи риидал букIунааннла ГIарахъ – магIарда, хасало  –  ЗагIиб. ГIумаханасул ункъабилев инсуда хурхараб кици буго: «Дугърил гIули гIадин риччан тун ругила».

Ячун йиго ГIумаханас КIванада росулъа ясги. Гьеб иш ккун буго гьадин. Бодулнухдасан унаго рекIаралгун, лъелалгун нуцал шун вуто КIванаде. Руччаби, лъимал тIох – тIохазде рахун ралагьун рукIун руго. Циндаго абулеб рагIун буго: «Гьагъав нуцаласул лъадуеги гьаб дунялалда гьагъасда аскIойги йикIун алжанги кьелеб батани,  гьев дурги битIараб гуро, БетIергьан»,  –  илан. Киналго эхеде ралагьун рую, йихьун йиго гьайбатай гIолохъанчIужу. ГIумаханас ячун йиго гьей. Рокъор ругез цIакъго рахIат тун гьечIо. Ханас цIар тIамизе ккун буго. Гьельул адаб гьабун КIванада росдадаса магьалогн рехун буго.

ГIумаханасул кумекчагIи

Бодул бетIерлъун (гьесда абулеб букIун буго майиндурилан) вукIун вуго ГIумаханасул яцалъул рос Чупан. Гьев киналго рагьаздаги гIахьаллъун вуго. Нахъа Чупан беццлъун вуго. ГIумаханас, беццав вугониги. Чупан цадахъ вачунев вукIун вуго. Халкъияб кочIолъ гьесдасан абун букIуна: «ГIакълу камиллъарав беццав Чупанилан».

ГIумаханасул тIоцевесев вазир вукIун вуго ГьоцIалъа ГIалиханил ГIалисканди, кIиабилев имам ХIамзатил эмен. ГIалисканди цIодорав. бахIарчияв чи вукIун вуго.

КIиабилев вазир вукIун вуго Хъазантидада. Гьесде гIурус документазда Дадайин абун букIуна. КIиабилев вазирасда тIадаб букIун буго магъало бакIариги, дулугъ бахъинги, бегиги, ханзабазул хъалаялъул гIадлуги.

Хунзахъа Дибиркъади вукIун вуто Аваристаналъул къадиги. ГIумаханасул мирзаги (секретарь). Гьесда лъалеб букIун буго лъабго мацI: гIараб, фарс, турк. Дибиркъадица гьел мацIазул словарьги гьабун буго. ГIумахан хведал Днбиркъадица гIараб мацIалда поэмаги гьабун буго.

Гьел гурелги, ГIумаханасда аскIор киназго рикIкIунел чагIи рукIун руго Гушу (Гунаш), ГIадалав, ГIали, Гари.

Бодул санарал

Аваразул пачалихъалда рукIана киназдаго лъалел болнухал. Болнухде нуцал вахъинелде, гьес хъалаялъул тIохда чIвалеб букIун буго рагъулаб байрахь.

«ТIалла байрахъ чIвала бодул кьал ккани»  – ян буго халкъияб кочIолъ. Цинги Тобтида чIвалеб букIун буго чадир.

Гьелдаса хадуб ГIалагIарталда данде ахIулеб букIун буго 50 росдал бо. Гьеб букIун буго хундерил бо. Гьеб богун къватIиве вахъунев вукIун вуго ГIумахан Игьалиие, Болъи.хъ, КIаратIе, ГIахьвахье, Анцухъе. Гьидалъе. ТIелекье, Ругъжаве. ЧIарале, Гъолоде.

Нагагь болъе вахъинчIев чиясда лъолеб букIун буго рогьодал гIакIа.

Гъолода данделъулел рукIун руго ЦIоралъул магIарулазул боялги.

Бодулъ 15 – 20 азарго чи гIолев вукIун вуго. Рагъал гьарун ГIумаханас рахъун руго: Кухна шагьар, Ахъсу, 17 кьояль сверунги ккун Нахичеван, гуржиязул хъала Гавази (лъабцIул), къварели Вахан, Ахалцихалъул пачаясул гIарадабиги рачун, Гумущ (9 моцIаль сверунги ккун). Салян, 1785 соналда Тифлис.

Гиничукьа ХIайдарбегица хъвалеб буго: (С.56) «Гьес рахъарал шагьаралги, хъулбиги рикIкIун хIалкIоларо»,  –  ян. Неверовскияс хъвалеб буго ГIумаханасе магъало кьолаанила ЦIоралъул 17 вилаяталъ. Нилъеда цIарал лъалеб микьгоялъ кьолеб букIун буго 115 азарго гIарцул гъуруш, , хутIаразги гьедигIан кьолеб букIун батани, гьеб ккола 230 азарго гъуруш.

ГIумаханасдаса цебе цониги нуцаласдаги, яги Дагъистаналъул цойгидал ханзабаздаги кIун букIинчIо гьедин магъало лъезе ва гьеб бакIаризе. Щибаб соналъ вазир ГIалискандил бетIерлъиялда унел рукIун руго гьеб магъало бакIаризе хъулухъчагIиги нукарзабиги. БакIарун бачIараб магъало кьолеб букIун буго вазир Дадахъе, гьес хазиначиясухъе. Гьес гьеб сокIкIунеб букIун буго цагърахъ ва санкIахъ.

Гьеб хазина ГIумаханас сахаватаб квералъ бикьулеб букIун буго бесдалазе, ятимазе, къорол руччабазе.

Бахумеседо имам ХIамзатица чIвайдал гьабураб магIуялъулъ руго гьадинал рагIаби:

«ГIарцул лал тIамурав шагь ГIабасил яс...»

ГIумахан данде кколев вуго ираназул цIар рагIарав шагь ГIабасида. Щиб жоха «гIарцул лал?» ТIоцебе дида гьелъул магIна лъачIо, дагь – дагьккун хадув гъуна гьел рагIабазул магIнаялда.

ГIумаханас бахъун буго ГьерекIли кIиабилесул магIданалда тIад бараб Гумушхъала. Гьениса нахъе баччун буго бацIцIадаб гIарац ва хIамузда, гIорцIабазда, варанабазда лъун бацIцIад гьабичIеб магIдангун (руда) Хунзахъе шведал, ханзабазул гьиналда аскIоб бекизабун буго тIалу, гьабун буго гьоцIо. Гьабизабун буго кIудияб михир, вахъун чIарав чиясул рачлихъе бахунеб, маххул мохрочалаби, гьезда ран руго оцал, тIамун буго «гIарцул лал», хадуб рехун буго, лалго гIадин хутIараб «тIоршел» лъаралъ чурун буго. Лал тIамун лъугIун хадуб ГIумаханасе бахъун буго лъабго къали гIарцул (43 кг.) 

ГIумаханасул пикру ккола жиндирго пачалихъалъул ракьалда гIарцул магIдан (руда) балагьизе. Нахъисеб соналъ Гумущалдаса рачун руго магIдан лъалел гIадамал. Нукарзабигун цадахъ гьез сверун буго Аваристаналъул ракь. Гьезда гIарцул магIдан батун буго ГьимагIурул тIарада.

Живго нуцал цадахъ чагIигун ун вуго гьениве. Рагьун буго гьениб гIарцул магIдан, хIамуз, гIурцIмуз Хунзахъе баччун буто гьеб. Гьелдаги тIамун буго «гIарцул лал». Гьеб магIданалда гъорлъ гIарац мукъсанго батун буго.

ГIумаханас кIвар кьолеб букIун буго росдал магIишаталдеги. ЦIоралдаса ккурал лагъзалерида гъорлъа ралагьун руго церет пиринчI бекьулел рукIарал чагIи. Гьолокь росдал АваргIурул рагIалда бугеб Ахалахада абураб бакIалда бекьун буго пиринчI. Гьеб гьениб барщулебги букIун буго. Гьолокь ГIумаханасул букIун буго кIудияб ракьги, рукIун руго рукъзалги. 1795 соналда Ираналъул шагь АгъамухIамадханасдаса лъутун рачIун руго Ибрагьимханги,  Бахтикаги,  лъималги.

Гьел нуцаласул Гьолокь ругел рукъзабахъ тун рукIун руго дунял хинлъизегIан. Жиндирго ракьалда Гьолокьги ЛъагIилухъги бекьизабун буго самсаму (цIоросаролъ).

Гьолокьги ЛъагIилухъги букIараб ханзабазул ракь имам Шамилица байтулмалалде хъван буго. Гьелдаса хадуб гIурусаз казнаялде босун, жидее хъулухъ гьабурал офицерзабазе кьолеб букIун буго. ЦIоралдаса ГIумаханасе ритIулел рукIун руго пихъил гъутIби (нуцабазул кокон, сабудаса гIеч). Къоло шуго соналъ гьабун буго ГIумаханас нуцаллъи. Гьес чIвазе къотIун буго цо чиясе  –  гьелдаги гьесул ракI бухIун букIун буго.

ГIумаханасул буюрухъалда рекъон пачалихъалда гьабун буго халкъалъул хъвай – хъвагIайги. Гьеб хIалтIи тIадкъан буго дибирзабазда. Хадуб данде босун буго къадар.

Халгьабураб мехалъ, аваразул пачалихъалда вукIун вуго нусазарго чи. ГIумаханасул заманаялда цIикIкIун букIун буго магIарулазул жанисан гъунки. Киназдаго бичIчIун буго жал цо чагIи рукIинги, ГIумахан нуцал вукIинги, цо тахшагьар букIинги. Гьеб цокIаллъиялъги гъункиялъги магIарулазе квербакъула Надиршагъ щушахъ виххизавизеги. Гьев нуцаласул рагIи Кавказалъе къанунлъун лъугьун буго. Жанисан гъункичIеб хIукуматалъ къватIире кьалбалги риччаларо. Гьелъие нугIлъи гьабулел кочIол мухъал нахъеги хутIун руго:

«МегIер гIандадерил.

ГIи буртиязул.

Ясахъ ГIумаханил

ГIажаибаб жо».

1800 соналъ Тифлисалде бачIуна инаралзаби Лазарев ва Гуляковасул бетIерлъиялда гIурусазул аскар. Гьеб аскаралде мугъги чIван, гуржияз магъало кьоларо. ГIумахан аскарги бакIарун Тифлисалде тIаде ун вуго. Цо бутIа гуржиязул магIарулазул рахъалда букIун буго.

ГIурусазул аскаралъ нух ккун буго магIарулазе. Нуцалас буюрухъ кьун буго, гIурус аскарги рештIаралъуб тун, цере аян. МагIарулазул бо сордо базе рештIун буго. Сордоялъ рилъун гIурусаз нахъойги нух ккун батун буго. МагIарулаз рагъ гьабун гьечIо, ругелъур гIурусалги тун Тифлисалдехун ун руго. Лъабабизеги Иори гIурул рагIалда гIурусаз нух ккун батун буго. Гьеб мехалъ нуцалас (С.57) буюрухъ кьелалдего, АхIмадхан юрталъул боги бачун гIурусазде тIаде кIанцIун вуго, рагъ гьабун буго. ГIурусал нахъе къан руго. Вазир ГIалискандица кьаби щвезабун буго гуржиязда, гьел лъутун руго. ГIалисканди богун гIурус аскаралде нахъе лъугьун вуго.

ГIурусаз батальонал, гьоркьор гIарадабиги лъун, ункъбокIон (каре) гьабун чIезарун руго. ТIаде гIарададул сачмаги гуллаги байдал, АхIмадханил бо тIурун буго. ГIумаханас цойгидал боязе тIаде кIанцIизе буюрухъ кьун буго. Гьезулги жо ккун гьечIо. Цинги живго ГIумахан кIанцIун вуго тушманасде тIаде («угъузилал рачун, дайтилал рачун, маххулъан бер баккун хунз цадахъ рачун»). Нахъе къалел ругел магIарулазда гьес гьарулеб букIун буго: «Нужеца яхI бахъе, гIолохъаби! Нилъеда данде гьал чIоларо»,  –  ян.

Гьел тIуридал, живго тIаде ун вуго тушманасде. Гьесда сверун ругел Гушу, ГIалибулат, гьесул гIагарал чагIи  –  дайтилазул анлъгояв гIарададул сачмаялъ гъурун руго. АскIор хутIараз ГIумахан нахъе вачун вуго. Боги нахъе биччан лъукъарав живго ЧIарахъ чIун вуго гьев. ТалихIкъосараб гьеб рагъ ккун буго 1800 соналъул 7 ноябралда.

ГIумахан хун вуго 1801 соналъул апрелалда. Бицен букIуна гьесие загьру кьун бугилан. Гьеб хIалтIи гьабун бугин абула гьобол ХIалаж ГIабдулагьицаги гьесул рагьтIател АхIмадил ГIашибицаги. ГIумахан вукъун вуго ЧIарахъ росдал мажгиталъул азбаралда.

ГIенекке, гIадамал, хабар бицинин  Хайбаралде гIунтIун цIар рагIарасул

ГIенекке, гIадамал, хабар бицинин

Хайбаралде гIунтIун цIар рагIарасул, 

ЧIахъаял, кIалъаге гьунар ахIизин 

Доб Мадинаялда рохел лъурасул.

Хайбаралде гIунтIун цIар рагIи гурищ, 

ЦIоралъул ханзаби дудаса хIинкъи? 

Доб Мадинаялда рохел лъей гурищ, 

Гъоб ФиргIанил уммат дудехун буссин? 

Меседил гьиндиве гьавурав лачен, 

Гьунаразе вахъа дове ЧIарахъе 

Гьунар Бичас кьурав ГIалил зулпукъар, 

КъотIаризе вилълъа капурлъиялде. 

Вахъайилан абе, ТIалтIа ГIумахан – 

Галамал риххулеб барадалъул хер, 

Сангарал тIутIулеб, румаб гIарада. 

Хвалчай чарамазул боялги гьарун, 

Маххулъан бер баккун, хунз цадахъ рачун,

Боде гIакълу кьолев ГIалискандигун,

ГIакълу камиллъарав беццав Чупангун, 

Дайтилалги рачун, угъузилалгун, 

ЦIоралъул хIал лъалел, хIинкъи тIагIарал, 

Регьун таманчаби рачлихъги рахъун,

БацIил лълъулдул ругел хъирмалги росун, 

Хъузхъузда ругьунал истамбулалгун, 

ТIад тарихал хъварал дугъалги росун, 

Маххда рукъарулел, къанккун чIоларел, 

КIанцIун чан толарел чуялги рекIун, 

ъорлъе журан унел байрахъчагIигун, 

Вахъун ун ГIумахан ХIурехъ рештIиндал,

Бугъий цIакъаб тана тушманзабаца. 

ГIурухъ чадиразул хъахIлъи бихьидал,

ТIолго нур сун ана Гуржистаналъул.

Вахъун ун ГIумахан ЧIарахъ рсштIиндал.

Бубуди хехлъана тушманзабазул. 

ГIажавхан, ГIакълухан, Камали рачун, 

Мугъазда пажал ран, пилил бо бачун, 

Гавази маврагун, Мухранихангун, 

Ханзабазул аскар цадахъги бачун, 

КъватIив вахъанила Тифлисалъул шагь, 

ГIумахан вухIизе чол боги бачун, 

Вахъун щварав гъункар капурлъи бачун, 

Гьиналъул кавуда тарих хъвалилан. 

Чилъи бугелшинал цадахъги рачун, 

Гьохъица ццулъарал чуялги рекIун, 

Черхалда берчIвани, гIадан хIинкъулел, 

ХъахIал маккал гIадал, къолдаби ретIун, 

Бакъул нур ссун унеб ярагъги борчун, 

Мискиналшиназе садакъаги кьун, 

Лъудби ругелаца цIаралги тIамун, 

Къулгьу цIалун ярагъ черхалдаги бан, 

Хириял дугIаби хвалчабазда хъван, 

Щвана гъолодисел Алазаналде: 

«Ассалам гIалайкум, Хунзахъ ГIумахан!» 

«ВагIалайкум салам, чIарлъул бахIарзал!» 

ЦIоралдаса давла дуй насиблъаяв, 

Давлагун рукъалде мун лъикI вачаяв. 

Азарго гIурцIматIа хазинаги къан,

Нусго вараниде месед бакIарун, 

Кутакалъ рахъулел хъулбузде гIунтIун, 

Къоазар рекIарав цадахъги вачун,

Щвана Ширакалде дов Ибрагьимхан,

Вахан бахъулезе хIал кьезеийлан. 

Я доб Ваханхъала, доб Гумушхъала 

ГIали, ГIумарида рахъизе кIвечIел 

Рахъун боде кьурав нуцаласул вас. 

Ваханхъала бахъун хъузхъул гъурарав,

С.58. Гумушхъала бахъун асир гъабурав. 

Доб ФиргIанил уммат гьалаг гьабурав, 

Дов ГьерекIлил улка кверде босарав, 

Киналго ханзаби хIатIикь тIамурав, 

Тушманал шагьаралда цIадуд рухIарав, 

Магъриб – машрикъалде цIар дур рагIарав,

ЦIоралъул лъимада бицен дур лъарав, 

БагIар ГIарасалде гIурхъи кьабгIарав. 

Гулла алхунарев, хер рагьаларев, 

Салиянил боял ракьалде рарав. 

Хвалчен чучуларев, чу свакаларев, 

ЛатIип – пашал къокъа къаникь букъарав, 

Къанал хIажат гьечIо багьадурасе. 

Ханзабазулги хан, чIваяв Надиршагь, 

Дур хабар рагIидал, лугбал сорорав. 

Халкъалъе кIудияв къажаразул шагь,

Дур боган гIунтIидал, гъанцIун сорорав. 

Дуниял къалъулеб, къафалъул мегIер, 

КъватIиб чадир чIвайдал бер гIураб дуе. 

Горалилъ бегулеб, аздогьодул ракI,

Мун вуссунгегиян гьарарал хвайги. 

Бодул шагьаразде шагь шагьаразде, 

Щибаб шагьаралде расулги тIамун, 

АхIдезе рекIана чIваяв имансиз: 

Тифлисалъул каву рагьун тейилан, 

Кавудаса хIосал рахъун тейилан. 

Цо бо бачIун буго хундерилилан, 

Эзулго хан вуго ГIумаханилан». 

Чанги хан вахъана гIатIиракьалда, 

Пулаво кваналел, чалтуг белъунел, 

Цо хан вахъун вуго хундерил ТIалтIа 

Харица галамал зодихъе ралев. 

Маххул свераниги, гулмул толарев, 

ГанчIил гьаруниги сиял толарев 

Гьесда хадур ругел гьел гIолохъаби, 

ЦIадай кIанцIизеги нахъе къаларел,

ГIумар, ГIусмание напакъа къечIел. 

Накалда квер кьабун как биххулезде 

Биччан тараб хвалчен хундерил ханас 

ГIажуж – мажужалъул гIорхъуде швегIан. 

Жанив гьиндив вукIун туманкI рехани, 

Тулписалъул ханги жанив вахчарав. 

Биххаги, падишагь, дур месед – гIарац, 

КъватIив ТIалтIе вахъун кIалдин хъвагIани. 

Телавури каву жинца къотIулеб. 

НагIлаби шушайги Ахтал хвалчадул. 

Гьакил двари буго доб Дербенталда 

Дагъистаналъул хан хун рагIулилан, 

Топил рохел буго Гуржилъиялда

Ханзабазул ханас дунял танилан. 

Бакъги цIакъ бухIулеб ЧIарталанубе, 

ВухIаниш, ГIумахан, хинаб гьороца? 

ЦIадги тирун балеб мажгитул кIалтIе, 

Аралиш хIарухIун хIангIарцул гъуждул?

ГIумаханил мисри босноб бииндал, 

ЦIоралъул гъулдуца чIегIер бачIодай? 

Ханасул мусудул Гъолоде шведал, 

Гъулдузул чундуца магIу тIечIодай? 

Къолден сверун къалел кIалдаби рорчун

Къаси рахъун арал АхIматIханилал, 

Къварилъухъ рорчунел хвалчаби рухьун, 

ХIатIилгIицIго арал яс кьурал дурцал. 

ЧIабар якъуталъул, къед киражалъул, 

ЦIаруе гъугъаян  –  гъой дур КIилъилай. 

ЧIалу меседилаб, рихьи гIарцулаб 

ТIун гIодобе аян  –  арай ХъистIаман 

ГIумаханил чадир чоде чIван бугин 

Чу лъие кьололеб, вай ГIалибулат? 

Нуцаласул дугъал къеда ран ругин, 

КъватIир шал рахъунел, АхIматIханилал?

Цо гIайибни ккана ГIумаханасда 

КIолаго капурлъи квинчIого тедал

Цойги............................................

Дур хабатIа бугеб киражалъул къед 

Капуразул харид чIегIер белъайги, 

Дур хабада чIвараб меседил зани, 

Азнавурзабазул гуллид борлъаги 

Хвеларев, хвеларев, лачен ГIумахан, 

Хьиндалазул богун ЦIорда ватила. 

Хвезе ресго гьечIо шагь ГIабасил вас, 

ХIадаж ГIабдулагьгун гьакълид ватила. 

Хьиндалазул богун мун ЦIордалъидал, 

ЦIар бугел дур боял шайзе риххулел? 

ХIалаж ГIабдулагьгун мун гьакълидлъидал, 

ГьерекIлил чукъбуца рохел щай лъолеб? 

ЧIарахъ гьоболасул гьайбатаб гьекъел, 

Хер гьоркьоб жубараб, гьоцIо рагIараб, 

Гьуинищ бихьараб, ГIумахан, дуда? 

Дуе рекIкI гьабурав ЧIарахъа гьобол 

ЧIаго дунялалда эхетугеги! 

Хер кьезе ургъарай АхIматIил ГIашат 

ГIажалалъул унтуд турайги босной! 

Гьолокьа бахъараб ЦIолокь щвезегIан 

ЦIалаца бухулеб чагъар тIагIаяв, 

ЦIороса бахъараб Мусукиб гIунтIун 

Хунжица бухулеб дулугъ бегаяв.

БоцIи къваригIунищ мун ЦIорой арав –

БоцIухъ щай бичичIеб Гьолокь магъало? 

ЦIар къваригIуниш мун къватIив вахъарав –

ЦIаруе щай инчIев Истамбулалде? 

Хунзахъа ЦIорое цIалад къотIигIан 

ЦIолбол чагъир босун чагIи рачарав, 

ЦIоралдаса нахъе Хунзахъе швегIан 

Чуязул тIваркъиялъ тIалу басарав. 

МоцIрохъе ЦIор халеб цIахIил гIаларча, 

ЦIоралде балагьун хIихIилеб буго, 

ЦIвайихъ нух бачунеб дур гурда хвалчен 

МагIидаги далун гIодилеб буго.

С.59. Меседил карталде карпит жубарав, 

КартIун махIрумлъаяв, дур хIалчIахъаяв! 

Кавуялда нуцIби резалъул гъурав 

Яцал – ясал хваяв, лачен ГIумахан!

Дур гIиял кваналеб гъоб ЗагIиб бакълъи 

ТIун гIодобе айги, канлъи Нуцалхан! 

Дур чуял тIамулел Гьолокь бандаби

Зодихъе кьвагьайги, дарман ГIумахан!

Биххаги, падишагь, дур месед – гIарац, 

Щущанин нагIлаби Ахтал хвалчадул. 

Гьеб кечI – магIу лъабго батIияб варианталласан данде гьабураб буго: 1) Халидов Расулица Халитил ХIажияедасан хъвараб. 2) ХIоцоса Нажмудинил хъизан ПатIиматндасан дица хъвараб. 3) Дицаго батIи – батIиял гIадамаздасан хъварал бутIабаздасан. Дихъа бажарараб хIалалъ дица гьаб кочIое баяналги кьуна.

Баянал

1. Хайбар – ГIарабусталда букIараб шулияб жугьутIазул шагьар, хъала.

2. ФиргIанил уммат  –  капураб уммат, бусурбаби гурел чагIи.

3. ГIалил зурпукъар  –  МухIамад аварагас (с.гI.в.) ГIалиасхIабасе кьун букIараб кIигIаркьелаб хвалчен, ГIалил буюрухъалда рекъон ралъдалъе рехараб.

4. ТIалтIа  –  Хунзахъ ханзабазул гьундул (хъала) – рукIараб бакI.

5. Галан  –  щулалъиялъе росаби сверун гьабулеб букIараб къед.

6. Барад (гIараб)  –  хер. ЦIакъаб, лъикIаб хер абулеб магIна.

7. Румаб гIарада  –  Рималъул (Византиялъул) гIарада.

8. ГIалисканди  –  ГIумаханасул кIудияв вазир, ГьоцIалъа ГIалиханил вас, рагъул цевехъан вадипломат.

9. Беццав Чупан  –  ГIумаханасул бодул бетIер, гIакълучи. ГIумаханасул яцалъул рос. 1774 соналъ МухIамаднуцал чIван хадуб бодуе бетIерлъи гьабурав, гьеб Шамахалдаса нахъе бачарав чи.

10. 11. Хъирмал, истамбулал  –  доб заманаялъ реццулел тункIал, Крымалда, Стамбулалда гьарурал.

12. Дугъ  –  гьитIинаб байрахъ

13.14.15. ГIажавхан, ГIакълухан, Камали – Кахетиялъул пачаясул хъулухъчагIи.

16. Паж – хъош.

17. Гавази  –  ГIумаханас лъабцIул бахъараб Гавазихъала, Ахалсопелиялда аскIоб бакътIерхьул Кахетиялда бугеб. Мавра – моурави, полководец.

18. Къурали  –  Къварели; князьзаби Чавчавадзе язул ракь.

19. Мухрани  –  гуржиязул князал Багратиони-Мухранскиязул мина-карт букIараб бакI.

20. Гьиналъул каву  –  Хунзахъ бугеб ГIумаханасул гъин (хъала).

21. Похъ  –  пурчIина.

22. «Лъудби ругелаца цIаралги тIамун»  –  магIарулал рагъде иналде лъудбузла цIаралги тIамун гьедулел рукIун руго чIаго тIадруссинарнлан. Руссани рогьоги букIунеб букIун буго, лъудбузда цIарги кколеб букIун буго.

Ибрагьимхан  –  Гъарабагъазул (Шушаялъул) хан, ГIумаханасул яц Бахтикал рос, Панах Палибегил вас.

23. Ширак  –  Иориялдаги Алазаналдаги гьоркьоб бугеб авлахъ.

24. Вахан  –  БакътIерхьул Имеретиялда букIараб князь Е. Абашидзел хъала 1785 соналъ ГIумаханас бахъана ва князасул яс Дареджан (Дарижа) чIужулъун ячана.

25. Гумущ  –  гьанжесеб северияб Армениялда букIараб Ираклий кIиабилесул хъала, гIарцул магIданалда тIад бараб, 1785 соналъ Ахалцихалдаса гIарадабиги рачун ГIумаханас бахъараб. Гьениса чуяца, гIурцIмаз баччун букIун буго гIемераб магIдан (руда). ТIалтIа кIудияб михирги тIад бачун лал тIамун буго. КочIолъ Баху бикаде абун буго: «ГIарцул лал тIамурав шагь ГIабасил яс» абун.

26. ГIали, ГIумар  –  гIарабиязул халифзаби.

27. ГьерекIлил улка  –  пача Ираклий кIиабилесул ракь, Картли ва Кахетия.

28. БагIар ГIарас  –  Аракс гIоралъул гIаркьел.

29. Салиян  –  гьанжесеб Азербайжаналъул къирбалаб рахъалда бугеб шагьар ва ракь. ГIумаханас ичIго моцIалъ сверун ккураб ва бахъараб шагьар. Саляналъул кинабго харж ГIумаханасе кьезе кколеб букIун буго.

30. ЛатIиппаша  –  ?

31. Баган  –  бо, чабхъен.

32. Чалтуг  –  бацIцIад гьабичIеб пиринчI.

33. КIалдин  –  ХVIII – ХIX гIасрабазда магIарулазда гьоркьоб цIар букIараб хвалчен.

34. Ахтахан  –  Ираналъул Агъа МахIамадхан Къаджар. Надиршагьас гьесие чол балъ (ахта) гьабун букIун буго. ГIумаханасе гьес кьураб меседил хвалчен букIун буто тIад нагIлабиги лъураб  –  гьеб буго Ахталхвалчен.

35. Топил рохел  –  гIарадабазул салютал.

36. Мисри  –  Египеталъул хвалчен.

37. АхIматIханилал  –  Жунгуталъул ханзаби.

38. Кираж  –  гач



Автор: ГIалибег Хъазанбиев. ХIакъикъат. №№236–248. 2000. Гь.54–59.

Опубликовал(а): nkaa, 22-10-2013, 01:31. Просмотров: 4804
( Всего голосов: 2 )
0
Уважаемый посетитель, в данный момент Вы зашли на этот сайт как незарегистрированный пользователь. Мы рекомендуем Вам зарегистрироваться либо войти на сайт под своим именем.

Онлайн перевод

аварских слов на русский

и иностранные языки и обратно

Панель управления
авторизироваться через:



Последние комментарии
    Нет комментариев


Оцените работу сайта

Лучший из новостных
Неплохой сайт
Устраивает ... но ...
Встречал и получше
Совсем не понравился