Какил гIуж МахIачхъалаялда жакъад:  |  |
Главная » Культура » Гьарадирихъ Расул ХIамзатовасул юбилей

Гьарадирихъ Расул ХIамзатовасул юбилей

Гьарадирихъ Расул ХIамзатовасул юбилейБацIцIадаб гьава цIазе,

ЦIорораб  лъим гьекъезе,

Къварилъи-свак чучизе 

РачIа Гьарадирихъе.

Нужой гIатIидаб каву

Кидаго рагьун буго.

Берцинаб тIалъиялде 

РачIа  Гьарадирихъе.

Гьел кочIол мухъаз бищунго мухIканго рагьула Гьарадирихъ росдал тIабигIат ва гIадамазул ракIазул гIатIилъи.

Гьарадирихъ буго Хунзахъ, Унсоколо ва Гумбет районазул гIорхъода, ТIохмегIералъул каранда бугеб, Гумбеталъул райцентралдаса бищун рикIкIадаб некIсияб магIарул росу. Гьеб гIуцIун буго лъабго росдадасан – Гъоркьа, Бакьулъ, ва ТIаса Гьарадирихъ.

Къоабилел соназул авалалда Бакьулъ Гьарадирихъ дибирлъун хIалтIулев вукIана ЦIадаса ХIамзат. ГIумру гьабун хъизангун цадахъ гьев вукIана жиндирго гьобол, кIудияв гIалимчи Хъазамил рокъов. Гьенив 1923 соналъул 8 сентябралда гьавуна дунялалдаго Дагъистаналъул цIар рагIизабурав шагIир Расул.

Къоабилеб ноябралда Гьарадирихъ «Вацлъи» жамгIияб гIуцIиялъул хIаракаталдалъун тIоритIана Расул ХIамзатов гьавуралдаса ункъоялда анцIго сон тIубаялда хурхарал тадбирал.

Байрамалда гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул гIелмияб централъул хIалтIухъабаз, МагIарул миллиябгун маданияб автономиялъ, республикаялъул газетазул журналистаз ва жамгIиял хIаракатчагIаз.

КIалъазе рахъана РАНалъул Дагъистаналъул гIелмияб централъул мацIазулгун адабияталъул ва искусствоялъул институталъул (ИЯЛИ) директор МухIамад МухIамадов, «Гьудуллъи» журналалъул редактор МухIамад ПатахIов, педуиниверситеталъул Дагъистаналъул мацIазул кафедраялъул нухмалъулев МухIамад НурмухIамадов, «ХIакъикъат» газеталъул мухбир Кавсарат Сулейманова, Дагъистаналъул гIелмияб централъул ИЯЛИялъул грамматикиял цIех-рехазул отделалъул нухмалъулев МухIамад МухIамадов, «Вацлъи» жамгIияб гIуцIиялъул правлениялъул член ИсмагIил Таймасханов, «Кизилюртовские вести» газеталъул бетIерав редактор ГIабдулвахIид Лабазанов, Гьарадирихъ гьоркьохъеб школалъул  директорасул заместитель ПатIимат МухIамаднабиева, районалъул нухмалъулезул рахъалдасан баркиялъул кIалъай гьабуна «Гумбет» газеталъул редактор ХIамзат ГIизудиновас. Гьез бицана Расулил ва гьесул эмен ЦIадаса ХIамзатил гIумруялъул, цIалана Расулил кучIдул.

ЦIадаса ХIамзатил хъизаналъул ракIалдещвеязда хасаб бакI ккун буго гьарадирил жамагIаталъ, гьездехун бугеб берцинаб бербалагьиялъ. Жакъаги буго Гьарадирихъ ХIамзатил гьалбадерица цIунун гьес хIалтIизабураб цIарагI, тIагIел-гIучI.

Гьарадирихъ ХIамзатил хъизан унтула цIа-каналъул унтиялъ, гьеб заманалда гьитIинав Расул хахула СагIидат абулей гIаданалъ, гьелъул ясалъухъе - 90 сон барай Залмухъе, Расулил рахьдал яцалъухъе, щвана гьоболлъухъ тIаде рачIарал гьалбалгун мухбирзаби. Гьелъ бицана Расулгун Хунзахъ дандчIваялъул, гьес жиндиего гьабураб сайгъаталъул.

Байрамалъул ахиралда росуцояз ва тIаде рачIарал гьалбадерица рагьана Расул жанив гьавураб рукъалъул къадада гьев ракIалдещвеялъул хъарщи.  Гьеб рагьизе жамагIаталъ вакил гьаруна Дагъистаналъул гIелмияб централъул мацIазулгун адабияталъул ва искусствоялъул институталъул директор МухIамад МухIамадов ва росдал маданиябгун хIалхьиялъул централъул директор Багьавудин МухIамадов.

 



Автор: МухIамад Лабазанов

Опубликовал(а): nkaa, 7-12-2013, 15:14. Просмотров: 3320
( Всего голосов: 1 )
0
Уважаемый посетитель, в данный момент Вы зашли на этот сайт как незарегистрированный пользователь. Мы рекомендуем Вам зарегистрироваться либо войти на сайт под своим именем.

Онлайн перевод

аварских слов на русский

и иностранные языки и обратно

Панель управления
авторизироваться через:



Последние комментарии
    Нет комментариев


Оцените работу сайта

Лучший из новостных
Неплохой сайт
Устраивает ... но ...
Встречал и получше
Совсем не понравился