Какил гIуж МахIачхъалаялда жакъад:  |  |
Главная » Мероприятия » Авартеатралда рахьдал мац1алъул къо

Авартеатралда рахьдал мац1алъул къо

Рокьула, рокьула дий маг1арулал,

Маг1арулал гьеч1ищ-гьеч1о Дагъистан!

Авартеатралда рахьдал мац1алъул къоЩибаб санайилго гIадин исанаги магIарул миллиябгун маданияб автономиялъул (президент С-П. ГIумаханов), Шамилил фондалъул ва Авартеатралъул дирекциялъул хIаракаталдалъун 21 февралалда тIобитIана рахьдал мацIалъул къоялъул хIурматалда пайдаяб тадбир. Гьаб нухалда тадбиралъул аслияб бутIалъун букIана магIарул басма бихьизаби (рахьдал мацI лъикI лъаларезе баяналъе: магIарул мацIалда къватIире арал тIахьазул, газетазул, журналазул ва гь. ц. изданиязул выставка).

ЦIадаса ХIамзатил цIаралда бугеб музыкалиябгун драмаялъул театралъул фойеялда жиде-жидер газет-журналалгун, тIахьалгун ругоан «Миллат», «Гьудуллъи» басмабазул редакциялъулал, машгьурал шагIирзаби: ГIадалло ГIалиев, Залму Батирова, МахIмуд-Апанди, Майсарат МухIамадова, ГъазимухIамад ГъалбацIов, гIемерал творчествалъулал гIадамал, машгьурал жамгIиятчагIигун журналистал. Нижерго пишацоял ЦIумада, Гумбет, Шамил мухъалъул мухбирзабазул гурулъе журан, «Росдал захIматчи» газеталъулазги сокIкIана 1930-абилел соназдаса байбихьун жакъа къоялде щвезегIан ругел газетазул подшивкаби. Бечедаб басма букIиналъищ ялъуни аскIобго цун «Миллат» газеталъул баннер букIиналъищали, нилъер райгазеталъул цIакъ интерес ккана выставкаялде рачIаразе, гьеб бихьулел-цIалулел магIарулал аскIоса лъугIараб лахIзат букIинчIо кIиябго къоялъ.

ТIоцебесеб къо лъай-хъваялъулабгун гьудуллъиялъулаб букIаниги, кIиабилеб лъугьана унго-унголъунги лъугьа-бахъиназдалъун бечедаб, магIарул мацI ва маданияб ирс цIуниялда сверун пайдаяб, ракI рагьараб гара-чIвари лъугьараб къолъун. Авартеатралъул артистаз, Абакар Жамалудиновас, ГIабдула МухIамадмирзаевас, Хадижат Жамалудиновалъ ва гьитIинал артистаз рахьдал мацIалда ахIарал кучIдузул программаялдаса хадуб байбихьана рахьдал мацI ва маданият цIуниялде ахIараб «Гургинаб стол». Гьеб бачана ИЯЛИялъул адабияталъул отделалъул заведующий АхIмад Авартеатралда рахьдал мац1алъул къоМуртазагIалиевас. МагIарул мацIалда тIоцебесеб тIехь рикIкIадаб 1881 соналъго Миякьоса ГIумархIажиапандица бахъанилан баянги кьун, гьес бицана жакъа къоялда магIарул басмаялда бугеб ахIвал-хIалалъул, рахьдал мацIалда тIахьал цIали машгьурлъизабизе ккеялъул «МацI гьечIони, миллатги тIагIуна, нилъго нилъецаго кквезе, цере цузе, нилъерго къимат гьабизе ккола»- ян абуна гIалимчияс. Жидер иргаялда кIалъазе рахъарал Дагъистаналъул хъвадарухъабазул союзалъул председатель М. Ах1мадовас, хъвадарухъан М. Х1амзаевас, мацIазул, литератураялъул ва искусствалъул институталъул (ИЯЛИ) директор М. Мух1амадовас, балъхъадерил редактор ГI. ГIандийскияс, «Мавраев» басмахана гIуцIарав Р. Мух1амадовас, тарихчи Т. Айтберовас, Г1адало Г1алиевас Дагъистан» журналалъул редактор М. Бисавг1алиевас ва гь.ц. бицана миллат, магIарул мацI цIуниялъул мурадалда киналго цолъизе ккеялъул, рахьдал мацIал цIуниялъул хIакъалъулъ закон хIажат букIиналъул, республикаялъул БетIерасда сверухъги миллатцоял цо чи гIадин гъункизе ккеялъул ва гь. ц. Гьединго гьитIинаб буго магIарул мацIалда рахъулел тIахьазул къадар, мигьлъулел руго рахьдал мацIалда хъвадарулелги. ГIодорчIараз киназго рахъ ккуна магIарулазда гьоркьоб цолъиги гьуинлъиги, гьединал данделъабазул сверуда лъугIизе течIого, щибаб къойилаблъун ва абадияблъун лъугьине кколин абураб пикруялъул.

СагIат 18-ялда байбихьана басмаялъул бищун лъикIал проектал, авторал, тIахьал тIатинариялде ва гьезие шапакъатал кьеялде. МагIарулазул миллиябгун маданияб автономиялъул президентасул вакил, тарихчи Маркъо Шаг1бановас ва  Хасавюрталъул мэриялъул вакил Х1ажияв Мух1амадовас маг1арул мацI цIуниялда гьабураб рахъи бугеб хIалтIухъ къиматал сайгъатаздалъун ва баркалаялъул кагътаздалъун кIодо гьавуна 30-гIан магIарулав. Миллаталъул унго-унгояв патриотлъун жив кколев Сайгидпаша Г1умахановасул саламги залалде ракIараразда бицун, гьесул ишал тIуралес байбихьана иргадал «гIайибиял» сценаялде ахIун шапакъатал кьеялде:

-Дагъистаналъул тарих лъазабиялъулъ ва гIелму цебетIеялъе гьабураб хIалтIухъ Дагъистаналъул ГIелмияб централъул нухмалъулев Хизриев Авартеатралда рахьдал мац1алъул къоГ1амирханил «Дагъистаналъул халкъияв бахIарчи» абураб цIарги меседил медалги кьолеб буго… Дагъистаналъул диаспорабазда гьоркьоб бищунго жигараб гIуцIиялъул нухмалъулев, Томскалда бугеб магIарул диаспораялъул цевехъан Апсалудин Ах1мадовасе магIарул мацI лъазабиялъе, магIарулал цолъизариялъе гьабураб хIалтIухъ ва жамгIияб хIаракатчилъиялъухъ кьолеб буго шапакъат…

19 гIасруялда Туркиялъ хварав Миякьоса ГIумархIажи Зиявудинил гIажамалдаса шигIрабигун мавлидал руссинаруралъухъ ва гьесул гIумрудул цIех-рехал гьаруралъухъ гIалимчи Муртазаг1алиев Ах1мадиеги кьолеб буго шапакъат. Тум ва магIарул мацIазул гIелмиял дандекквеял ва цIех-рехал гьаруралъухъ филологиял гIелмабазул доктор Г1абдулаев Г1исае кьолеб буго шапакъат… Хунзахъа Дибиркъадил хIакъалъулъ тIехь хъваралъухъ шапакъат кьолеб буго гIалимчIужу Г1алибегова Пат1иматие… МагIарул мацIазул бищунго лъикIал мугIалимзаби хIисабалда шапакъатал кьолел руго: Бечедова Хадижатие,ХIамзатова ПатIиматие,Абусинова Сиянатие, Насрудинов Шагьрурамазание, Нух1бегов Канзулае… МагIарул хореография цIуниялъе гьабураб хIалтIухъ шапакъат кьолеб буго «Дагъистаналъул гIолохъанлъи» ансамблялъул нухмалъулев Хангереев Залимхание. Жакъа гьанире рачIине щвечIел, амма ЦIоралда магIарул мацI, тарих ва маданият цIуниялъе, лъазабиялъе хIалтIи гьабурал: Расулов МухIамадие, Хираев Асх1абг1алие, Булаев Исламие,МухIамадов ХIажиегибаркалагун шапакъат нижер автономиялъул рахъалдасан. МагIарул миллияб кечI-бакъан машгьур гьабиялъе хIаракат бахъаралъухъ шапакъат кьолеб буго Г1абдула Мух1амадмирзаевасе ва Ах1мад Закариевасе. МагIарул журналистика цебетIеялъе гьабураб хIалтIухъ «Миллат газеталъул редакциялъева «ХIакъикъат» газеталъул мухбир Сулейманова Кавсаратие кьолел руго шапакъатал.

МагIарул районазул газетазул редакторзабазда гьоркьой бищун лъикIай редакторалъул цIар ва шапакъат кьолеб буго Хунзахъ районалъул «Росдал захIматчи» газеталъул редактор Фат1имат Мух1амадовалъе. Туркиялъ бугеб магIарул диаспораялъул вакилзаби Шигьабудин Уздение,ЖахIбарБагъласиева Шамиль Ц1вае  магIарул мацI цIуниялъе  гьабураб жигараб хIалтIухъ кьолеб буго шапакъат. МагIарул маданият цебетIеялъе гьабураб хIалтIухъ шапакъат кьолеб буго Сидрат Меджидовалъе ва Х1айбула Г1абдулгъапуровасе.  МагIарул адабият цебетIеялъе гьабураб хIалтIухъ шапакъат кьолеб буго Гъазимух1амад Гъалбац1овасе ва Х1амзат г1изудиновасе. Имам Шамилил хIакъалъулъ тIехь хъваралъухъ ва гьелъул аудио-версия биччаралъухъ Мух1амад Х1амзаевасеги кьолеб буго шапакъат-ан Сайгидпаша ГIумахановасул тIадкъай тIубан сайгъатал рикьун рахъинаруна шималияб тахшагьаралъул мэриялъул вакилас. Гьелдаса хадуб сценаялъул махщелчагIаз байбихьана Расул ХIамзатовасул асаралдасан «МагIарулай» спектакль бихьизабизе. Залалда гIодорчIарал релъана халкъияй артистка Сидрат Меджидовалъул героиня-мацIихъан Зайнабгун, гIодана Асиятилги инсулги сцена бихьун, ццидаххана хIалихьатав ГIусманил образалда. ТIокI борчIун лъикI хIана авартеатралъулаз гIагараб «МагIарулай» пьеса. Цойгидал мацIазда спектакль бихьараз абулеб букIана магIарул чиясгIадин божиледухъ ракI-ракIалъ гьеб лъицаниги хIазе рес гьечIилан. Гьелъ батила спектакль лъугIун хадуб зрителаз халатбахъараб хъатчIваялдалъун, тIадеги рахъун кIодо гьаруна миллиял «бахIарзал»-артистал.

Макъалаялъул ахиралда хасаб баркалаялъе ва реццалъе мустахIикъал руго мажлис релълъинабиялъе свак-кIвахI тун рекерахъдарал, жал батIи-батIиял хъулухъазда ругониги, жидер аслияб жамгIияб хIаракатчилъи миллатцоязда гьоркьоб хIалтIи гьабиялде буссарал гIолилал: Маркъо Шаг1банов,  Зайнаб ГIалимирзаева, Зульфия ХIажиева, ПатIимат МахIмудова, МухIамад Лабазанов, Ашахан Юсупов ва гь. ц.

Интернет-сайтазда миллиял группаби, магIарулал цолъизарулел къокъаби рачунел гьел рахьдал мацIалъул къояз авартеатралде рещтIун рукIана умумузул партал-хьит тIад ретIарал бахIарзаллъунги бикабилъунги. Мажлис тIадегIанаб даражаялда иналъе ракI унтараб бутIа лъуна гьез.

Гьедин аваданлъиялда, берцинго ана исанисеб рахьдал мацIалъул къоги. Сахлъи кьеги миллатцоязе бицунеб рагIулъ, тIамулеб гIумрудулъ, гьабулеб хIалтIулъ унго-унгоял магIарулаллъун рукIине. Амин.

 

P. S. РакI-ракIалъулаб баркала кида хIажалъаниги редакциялъе кумекалъе ватулев районалъул музеялъул директор ГIалиев Шамилие. Гьаб нухалдаги щивниги ватичIелъув ватана гьев.

Сахлъи дуе, Шамиль!       


Источник: "Росдал захIматчи"
Автор: Ф. МухIамадова

Опубликовал(а): nkaa, 6-03-2014, 00:34. Просмотров: 4849
( Всего голосов: 1 )
0
Уважаемый посетитель, в данный момент Вы зашли на этот сайт как незарегистрированный пользователь. Мы рекомендуем Вам зарегистрироваться либо войти на сайт под своим именем.

Онлайн перевод

аварских слов на русский

и иностранные языки и обратно

Панель управления
авторизироваться через:



Последние комментарии
    Нет комментариев


Оцените работу сайта

Лучший из новостных
Неплохой сайт
Устраивает ... но ...
Встречал и получше
Совсем не понравился