Какил гIуж МахIачхъалаялда жакъад:  |  |
Главная » Разное » МагIарул росабазул энциклопедия

МагIарул росабазул энциклопедия

МагIарул росабазул энциклопедияЦо дагьалъ цебе магIарул росабазул энциклопедия гьабизе бугин абун хъван букIана. Цониги чиясе жидерго росдал хъван нижехъе хьвагIизе бокьани, мисалалъе кьолеб буго ЦIулда росдал хIакъалъулъ дица хъвараб къокъаб баян.

1. ЦIулда росу буго Къарал-гIоралъул квегIаб рагIалдаса 500 метралъ тIадегIан, Цебе Къарахъ бодулъ унаан, гьабсагIат ккола ЧIарада мухъалъул росулъун.
2. Росдал цIар лъугьун бугин абула «цIул» абараб рагIудаса, гьелде тIаде бакIалъул супикс «-да» жубан. Бицуна гьенир сверухъ некIсияб заманалда ризал рохьал рукIанила ва гьединлъидал росдал гIадамазул гьеб мехалъ аслияб пишалъун букIана цIулал устарлъи.
3. ГIадамазул къадар. 1828-б соналда ЦIулда 181 цIараки букIун буго (Хрисанф), амма 1830-л соназул ахиралде 150 цIараки ва 2 си бихьизабулеб буго (Мочульский). 
4. Капуразул хIабахъ (хабалахъ) абараб бакIалда археологазда ратун руго IX-XIV гI. хутIелал – шегI ва гь.ц. Гьеб бакI ккола ЦIулдаса Гьонлъоб колоде унеб нухлул башдаб манзилалда, нухалъул тIасаб рахъалда, лъарахъа 30 галиялъ тIадегIан. 
5. Росулъ буго 6 кьибил: 1. Тамарилал (Тамар абараб цIаралдаса бачIараб; гIадамазул къадаралъул рахъалъ 3-б гьеб кьибил буго кьолболаб, некIо заманалдасаго ЦIулда чIун букIараб тухум, хутIарал тIаде рачIарал ккола; гьезул гIемер рахъана гIалимзаби, гьезда гьоркьоса ккола Къарахъа МухIамадтIагьирги), 2. Гелчилал (Гелач абурав чиясул цIар щвараб; гIадамазул къадар – 4-б; гьез гIумру гьабулеб букIана Гьиндиб ва ГIорхъануб кулабахъ), 3. Оцилал (бищун кIудияб тухум; оц хъун жамагIаталде гъорлъе лъугьарал рукIиналъ щванила цIар, гьез гIумру гьабулеб букIана БецIгIурухъ колода), 4. ХIайдарбегилал (2-б кIудияб тухум; гьезул чIей букIана Гъогъода колода), 5. ГIокьилал (5-б тухум; гIоркь рагIудаса лъугьанила цIар), 6. ГIалилал (бищун гьитIинаб тухум; гьел гочанила МачIчIуб колодаса).
6. Росу бикьулаан щуго бутIабазде – гъоркьехунал абун лъалаан ГIуртIа (КIвекьабазухъ, ТIутIраб рохенал; Тамарилал тухумалъул рукъзал рукIараб бакI) ва Росухъ (Оцилал) авалал, тIадехунал абулаан КIкIалануб (бикьула ТIаса- ва ГъоркьакIкIалануб ва ГьинтIа рохеназда; аслияб къагIидаялъ гьенир руго Гелчилал тухумалъул рукъзал) ва ТIалабазда (ХIайдарбегилал, ГIокьилал) авалазда. ГудекIаналда (гьаниб «ГулекIалда») рукIана ГIалилазул рукъзал. ЦIирарал рукъзал ва школалдаса гIуна цIияб цебехун хурзал рукIараб ХъутуртIа авал. 
7. ЦIулдагун цо жамагIаталде гъорлъе уна 1,5 км-алъ гьелдаса рикIкIад бугеб Гьонлъоб росдал агьлуги. НахъезигIан гьезул ракьал рикьичIого рукIана, Гьонлъоб букIана цIулдасезул рукъзалги, ракьалги. Бицуна гьенир 2 тухум бугилан абун, амма гьезул цIарал ракIалда гьечIо. Дир хIисабалда гьел руго цо цIулдаса чагIазул колодаса лъугьараб росу, гьезие гьеб тасдикъ гьабизе бокьичIониги. ГьабсагIат гьениб буго 8 цIараки.
8. Кулал: 1. МачIчIуб (Оцилал, ГIалилал), 2. Гъогъода (ХIайдарбегилал, Тамарилал), 3. Гьиндиб (Гелчилал). Хасало гIи букIунаан ГIорхъануб, гьенир ругел нухъабазда жаниб къан.
9. ЦIулдасез хур бекьун, гIи хьихьун, цIулал алатал гьарун гьабулаан бетIербахъи. Гелчилал тухумалъул чагIи ЦIоралдеги хьвадулел рукIун руго.
10. Бищун некIсияб мажгит букIун буго ТIабалазда абараб, росдада тIад бугеб авалалда. КIиабилеб мажгит бан буго ТIасакIкIалануб авалалда. Рохьаз сверун ккураб бакI букIана гьеб, мажгитги цIа ккун бухIана. Лъабабилеб мажгит 1689-б соналда бан буго гьанже бугеб росдал годекIаниб. 
11. ЦIулдасезул гьабсагIат буго 400-гIанасеб цIараки: МахIачхъала – 170, росулъ – 60-65, Гъизляр – 45-50, Баракат (Ленинкент) – 10, Шамхал – 10, Алмало – 40, Шурагьиб – 5, Кочубей – 5, ЦIуриб – 5 ва гъутада – 5. Жеги 1933 соналда Гъарачаялде гочана 4 вац, ва гьездаса ккарал 30 хъизан руго Гъарачай-Чергес республикалъул Марух, Учкекен росабалъ ва Кисловодск шагьаралда.
12. Бицарал чагIи: Халикъова Аминат (1916 с.гь.), ГIабдулаева ПатIимат (1941 с.гь.), Тамирбудаев Тамимудар (1960 с.гь.).



Автор: ШагIбан ХIафизов

Опубликовал(а): nkaa, 15-04-2014, 15:52. Просмотров: 3059
( Всего голосов: 2 )
0
Уважаемый посетитель, в данный момент Вы зашли на этот сайт как незарегистрированный пользователь. Мы рекомендуем Вам зарегистрироваться либо войти на сайт под своим именем.

Онлайн перевод

аварских слов на русский

и иностранные языки и обратно

Панель управления
авторизироваться через:



Последние комментарии
    Нет комментариев


Оцените работу сайта

Лучший из новостных
Неплохой сайт
Устраивает ... но ...
Встречал и получше
Совсем не понравился